Аслияб гьумералде

Руччабазда бараб гIемер букIуна

Руччабазда бараб гIемер букIуна

Руччабазда бараб гIемер букIуна

МахIмуд-афандиясул устарлъун вукIарав, кIудияб макъамалъул шайих, Юнус-афандиясул гIемерал караматал рукIана. Бищунго чIахIиял караматаздасан букIана, лъеда тIасан гьев хьвадулев вукIин. Гьесул йикIун йиго Аллагьасукьа хIинкъарай лъади, щибаб жоялъулъ гьесие кумекги гьабулей.

 

Юнус-афандиясул хур, гIор бахун, доб рахъалда букIун буго. Щибго квалквал гьечIого, гIоралда тIасан вилълъун, гьес щибаб  къойил хIалтIухъабазе квен щвезабулеб букIун буго. Бищун къваридаб бакIалда гьеб гIорул гIеблъиги 150 метр букIун буго.

Цо нухалъ гьесул лъадулгун кIалъай ккун буго. ЧIужуялъ абун буго: «Дуе щванщинал макъамал Аллагьасдасан ругониги, дирги гьелда гьоркьоб гьитIинабго бутIа буго, дица бацIцIадго хIадурараб квен гуреб дур ургьибе ккунгутIиялъ», - ян. Амма Юнус-афандияс гьелъул рагIабазде кIварго кьун гьечIо.

Гьеб квеш бихьарай лъадуца, нахъисеб къоялъ, какие чури гьечIого ва Аллагьасдаса гъапулго хIадурула квен. Гьеб кванан хадуб, кидаго гIадин, хIалтIухъабазе къадеквен босун арав Юнус-афандиясда хадуй яхъуна гьей. ТIоцебесеб гали лъеда тIад чIарабго, гьев лъелъе вортула. Гьесухъе гIедегIарай гьелъ, гьев хвасар гьавула ва гьикъула, дуе ккараб щибин абун. Лъаларин жаваб гьабула шайихас. Гьениб чIужуялъ бицуна, жинца гъафлаталда ва какие чуричIого квен гьабун букIанин абун.

ГьедигIан макъам кIудияв, Аллагь лъаялде щварав устарасецин гъапулго хIадурараб кваница зарал гьабизе рес бугеб мехалъ, гIадатиял муридзабазул щиб бицинеб? Гьединлъидал, хIаракат бахъизе ккола квен гьабулаго пайда гьечIеб каламалдаса рикIкIалъизе, Аллагьги ракIалде ккун, дугIаби-азкарал, салават, Къуръан, зикру бачунаго, какичуриялда гьабизе. Гьединаб квен ургьибе ккаравщинав чиясе гIибадат гьабизе бигьалъула ва гьесие гьеб ургьимес гвангъизабулеб нуралде сверула.

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...