Аслияб гьумералде

Гьалда лъолеб цIар щиб…?

Гьалда лъолеб цIар щиб…?

Гьалда лъолеб цIар щиб…?

Ахирал соназда машгьурлъараб, цо-цо руччабазул унтилъун лъугьараб жо буго куц-мухъ хисизаби. Киса бачIарабали лъалареб, нилъер халкъалда рекъечIеб мода цIакъ хехго тIибитIулебги буго.

 

Блогеразда, артистазда хадуб халкколел диналъул яцазда ракIалде кколеб буго гьезго гIадин чорхол хиса-басиял гьаруни, жал берцинлъизе ругин абун. Жакъа гьединал операцияби гьариги расги захIматаб иш гуро.

Щиб хIажалъунха, диналъул яцал, Аллагьас ﷻ кьураб сипат хисизабизе кколеб? Щай 50 сон барал руччабазе бокьизе кколеб 20 сон барал гIолилал гIадин рукIине? БетIергьанас Къуръаналда абунги букIаго (магIна): «Дица инсан вижана бищунго берцинаб сипаталда», - ян. (Сура «Тин», 4 аят).

Аллагьас ﷻ абулеб гьечIо, Жинца ﷻ инсан 30 яги 40 сон базегIан берцинавлъун вижанин, хадуб гьев сураравлъун лъугьунин абун. Гьес ﷻ абулеб гьечIо, хъахIаб рас баккидал яги гьурмаде рукIкIалаби рехидал нуж тохтурзабахъе ва косметолагазухъе гIедегIизе кколин. Заман унеблъиги, хвел гIагарлъулеб букIинги ракIалде щвезе ахираталъе лебаллъизе ккараб бакIалда, гIолохъанлъи нахъбуссинабизе хIаракат бахъулел гIемерлъулел руго. Кинго бичIчIуларо риццатал кIутIбиги гьарун, инкубаторалъул кумекалдалъун рахъарал тIанчIи кинниги, цого сипатгун щай рукIине кколелали.

Щивасе жинда рекъараб, лъилго гьечIеб гIадаб сипат кьурав Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго. Гьеб хисизабизе лъугьарасе гIазабги хIакъаб буго. Бичасул Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьас нагIана кьуна черхалда жидеца сурат бахъулезе (татуировка гьабулезе) ва жидеда гьеб бахъулезе, жидеца кьунсрул ретIулезе ва жидер ретIулезе, берцинлъиялъе цаби хъухъалезе ва жидеца Аллагьас бижараб хисизабулезе», - ян (Бухари, Муслим).

 

Рихьизеги «гьарурал» гьурмал рокьукъал рукIуна, кигIан гьеб иш тIаса бищарал руччабазда щайтIаналъ берцин бугин ккезабуниги.

Гьединал операциял сабаблъун, щивасул чорхолъ кьижун рукIунел рак унтул клеткаби «макьидаса рорчIизе» ресги буго. ГIакъилайиланги кинха абилеб гьединай гIаданалда, гIемераб гIарацги харж гьабун, жиндиего дунялалда унтабиги, ахираталда гIазабги бичун босулеб мехалда.

 

Унго-унгояб гьайбатлъи ккола берцинаб тIабигIат-гIамалги иманалъул цIураб ракIги. Бугелда разилъиги хIакъикъияб берцинлъиги кьеги нилъее БетIергьанас!

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...