Аслияб гьумералде

«Гьидаяталъ» киналго къабул гьарула

«Гьидаяталъ» киналго къабул гьарула

«Гьидаяталъ» киналго къабул гьарула

Жагьиллъи - бецIлъи, гIелму - канлъи

 

«Гьидаяталда» цIалулей йиго Гъарабудахкент районалъул Гели росулъа 72 сон барай Умулхайр. 1972 соналда зоотехникияб факультет лъугIидал, хIалтIана гьей зоотехниклъунги фирмаялда заведующаялъунги. Гьений хIалтIулаго цадахъго заочно цIалана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул академиялда ва 1980 соналда – зооинжинернияб факультет лъугIизабуна. 1989 соналъ рукъалдеги ун гьавуна вас. ГIолохъанчи гIедал, Буйнакскиялда бугеб мадрасалдеги витIана цIализе. ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго Буйнакск районалъул Эрпели росдал мадрасалда мугIалимлъун.

 

 

 

 

 

 

Цо къоялъ хIалтIудаса ячIарай гьелда васас абула: «Эбел, цIале алхIам», - илан. Цинги гьелъухъ гIенеккидал, бетIерги кIибикIун, абула: «Дун вуго лъимал цIализарулев, гьезда махраж малъулев, гьезул как мухIкан гьабулев ва амма дун гьаюрай эбелалда жеги алхIам дурус гьабизе бажарулеб гьечIо», - ян. Гьелда цIакъ ракI бакъварав васас хадубги абула: «Эбел, нахъбахъичIого, жакъаго нилъ рилълъина МахIачхъалаялда бугеб «Гьидаят» централде мун цIализе лъезе», - ян. Умулхайрица абула 68 сон барай гIадан цIалдезе кин унейилан абун. Кин бугониги васас мукIурги гьаюн, 2020 соналъул ноябрь моцIалда гьей цIализе лъугьана. Жакъа гьей ккола ункъабилеб курсалъул цIалдохъан. Гьелъ Къуръан-тафсир ва фикъгьиялъул дарсал цIалулел руго. Гьелдаса мисал босизе бегьула гIун бачIунеб гIелалъги.

 

АмирмухIаммадова Марьям

 

 

 

 

 

 

 

РакIалъ цIалей йиго «Гьидаяталде»

 

Дир талихIаб гIумруялъул къолъун дица рикIкIуна тIарикъат босараб ва «Гьидаяталде» цIализе лъугьарал къоял. ГьитIинго дун инсуца ХIасан абурав гIалимчиясухъе Къуръан цIализе йитIун йикIана. Гьеб заман букIана цIакъ хIинкъараб. Херав чи гьев вукIиналъ, лъелги цIун унаан гьесухъе, Къуръан цIализе гIоло. Зама-заманалда ХIасанил рокъореги рачIун чIухь балаан КГБялъулаз. Гьеб сабаблъун дир цIали гьоркьоб хутIана. Хадуб ниж ккана Хасавюрталде, гьенивги Аллагьас гьевго ХIасан мадугьалихъе ккезавуна. Цинги Къуръан цIализе цIидасан байбихьана, амма гIемераб заманалъ хьвадизе щвечIо, дун росасе кьуна.

 

 

 

 

Кин бугониги, ракI гIодобе биччан букIинчIо. Хасавюрталда бугеб тукенги бичун, устарзабазде ва гIалимзабазде бугеб рокьиялъ МахIачхъалаялде яхъине хIукму гьабуна. Гьенибги муфти-кIудияв вугев бакIалда гIагарлъухъ рукъ босизе хIаракат бахъана. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ щукру гьабула, гьитIинго гIелму цIализе букIараб гъира 52 сонил ригьалде яхиндал тIубазе рес ккедал. 

Гьений цIалулей йиго кIиго сонгун бащадалъ. Цониги гьоркьоб дарс биччачIого хьвадула. Унтун больницаялда егун йигей мехалъги балъго дарсиде унаан. Киналго къаси кьижидал, богорокъоеги ун дарс лъазабулаан.

 

 

 

 

Цо нухалъ букIана дарсиде хIадуричIого хутIун. Амма къаси дарсиде ана. Кутакаб гъира букIуна дарсиде хIадурлъизе.

Гьадин бицана дир диналъул яц, Гумбет районалъул Шабдухъа Пазлудинил яс ПатIиматица.

Дирго рахъалдасан гьарила, херлъун ругин, гIакълу гьечIин, рес гьечIин чIоге, диналъул яцал, рачIа «Гьидаяталде». 

 

Х. ИмангIалиева

 

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...