Аслияб гьумералде

НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.

 

Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва ургъел гьечIолъиялъулъ тIамун батани, гьеб букIине ккола чIухIиялъе гуреб, пикру ва тавбу гьабиялъе гIиллалъун.

Замана боржун уна. ГIолохъанлъиялъул соналги хехго уна, нилъер ишазул лъалкIалги нахъе тун. Гьединлъидал, гьарурал мунагьал рохун ракIалде щвезаризе бегьуларо, гьезул хIакъалъулъ цогидазда бицинеги беццараб гьечIо. Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ лъазабуна, киналго гIадамазда Аллагь ﷻ тIаса лъугьине бегьулин, жидерго мунагьазул рагьун бицунел ва гьел цогидазда гьоркьор тIиритIизарулел чагIаздаса хутIун.

Гьединго гIалимзабаз бицана мунагьалда хурхун чанго хIинкъи бугеб хIал. Гьезул цояб ккола гьабураб мунагьалдаса рохел. Жиндирго мутIигIлъи гьечIолъиялдаса инсан вохарав мехалъ дагь-дагьккун гьесул ракI биццалъула, хIакъикъаталдехун бугеб хIалуцин лъугIула.

Цоги хIинкъи, рагьун мунагьазул бицин ва гьездаса чIухIи. Муъминчияс жидерго гъалатIал рахчизе ккола, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьарила, мунагьал гара-чIвариялъул аслулъун гьаричIого.

ХIинкъи бугеблъун ккола мунагьалдехун тIаса-масагояб бербалагьи гьаби. Цо-цо мехалъ инсанас абула «гьеб гьитIинабго мунагь бугин», амма ахираталъул цIадирабазда гьел «гIисинал» мунагьал цолъун, цIакъго бакIаллъун лъугьуна.

Гьединго, хIинкъи бугеб жо ккола мунагьалда даимлъи. Инсанас тIад-тIадвуссун гьеб гьабулеб мехалъ, тавбу гьабизе пикруго букIунаро.

Хасго мунагь кIудияблъун лъугьуна инсан цогидазе мисалиявлъун лъугьиндал. Гьесул ишал лъица ругониги такрар гьаруни, жавабчилъи жидеего гуребги, гьезда хадур рилълъаразулги тIаде босула.

Гьединлъидал, тавбуялде гIедегIе. Инсан чIаго вугебгIан мехалъ, лъикIлъизе къуватги ресги букIаго, Аллагьасул рахIматалъул нуцIби рагьун рукIуна. РакIбацIцIадго БетIергьанасде руссун, лъикIал гIамалаздалъун цебе букIараб битIизабизе хIаракат бахъарав чияс хьул лъезе бегьула мунагьал чуриялде ва гурхIел-рахIмуялде.

ГIолохъанлъи уна, къуват лъугIула, инсан живго хутIула жиндирго гIамалалгун. Гьединлъидал, унго-унгояб хIикмат буго гIумруялъул заман лъикIлъиялъе хIалтIизабиялда, тавбуялдалъун ракI бацIцIад гьабиялда, Аллагьасул ﷻ рахIматалда ва мунагьал чуриялде хьулгун Аллагьасда ﷻ дандчIвазе хIадурлъиялда жаниб.

 

 

Камил МухIамадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...