Аслияб гьумералде

Киданиги кватIун гьечIо…

Киданиги кватIун гьечIо…

Киданиги кватIун гьечIо…

56 сонил ригьалде яханиги, жиндир мурадлъун букIараб гIелмуялде нух бахъарай гIадан ккола МухIаммадова Заринат.  Аллагьасул тавпикъалдалъун гьелъ лъугIизабуна «ТIабигIат берцин гьабиялъул школалъул» щуябго курсги.

 

– Заринат, бокьилаан дурго хIакъалъулъ бицани.

– Дир гIолохъанлъиялъул заманалда гьанже гIадин дин гьабизе ресал рукIинчIо. Какцин балаан нахъасан нуцIаги рахан. Гьединлъидал исламияб гIелмуялъул гIемер лъалеб жоги букIинчIо. Амма комсомол, пионер, октябренок – гьезул бищун цее ккарай йикIана гIелцоязда гьоркьой. Бищун кIудияб мурадги – мавзолеялда лъун вугев Ленин вихьи букIана.

АнцIго классги лъугIизабун, МахIачхъалаяла, Медакадемиялде документал кьуна. Экзаменцин гьабичIого цIализе йосулей йикIана гьение. Амма имгIалас эбелалъухъе кьварараб хабар щвезабуна, нилъер тухумалдаса яс цIализе ин букIунеб жо гурилан. «МагIарул тIагъур гIодоб бортизабуге, дир яс», - абун, гьелъ документал нахъе росизаруна. Гьедин хутIана дун цIализе инчIого.

Рукъалде ана. Ункъо лъимерги гьабуна.

 

 

 

 

 

 

– ГIелму цIализе кин дуда ракIалде ккараб, сунца мун гьелде ячарай?

– ГьитIинаб къоялдаса нахъего дир рахIат хвезабулаан ботIролъе рачIунел батIи-батIиял суалаз. Инсанасул вижи, гьаб дунял кин баккараб, гьадинаб гIажаибаб гIуцIиялда гьалъул тадбир кин бугеб ва гь.ц.  ХIатта, ла илагьа илла Ллагь абурал рагIабазул магIнацин дида лъалароан. Гьеб гуребги, ниж хъизамгун, Астраханалде гочун хадуб, гьениб дица даран-базар гьабизе байбихьана. Вагьабиял гIемераб бакI букIиналъ, дир сверухълъиялдаги гьел камичIо. ТIарикъаталда, вирдалда хурхун гIемерал кIалъаял кколаан, хIакъикъат бичIчIаниги, гьезул суалазе жавабал кьун дихъа бажарулароан.

Мадрасалде цIализе аралдаса нахъе, васас байбихьана хIалал-хIарамалъул гIурхъаби рихьизаризе, гьаб бегьуларо, доб бегьула абун, кIалъазе. Дирго диналъул гьечIеб бичIчIиялда ракI бакъван, нахъчIван бажарулареб кутакаб гъира багъарана гIелму цIализе, дирго суалазе жавабалги ралагьизе. Гьединабго мурадгун дир ясги цадахъ йилъана. Ниж МахIачхъалаялде рачIана.

 

– «ТIабигIат берцин гьабиялъул школалде» кин ккарай?

– МугIалимат Загьралгун лъай-хъвай букIун, гьелда цIехана, кире ундай лъикIилан абун. Гьелъ «Гьидаят» централде ишара гьабуна. ТIоцебесеб нухалъ жание лъугьиндал, ракIалде ккана Алжаналъул ахикье дунго кканилан. Гьениб букIана гIажаибаб, макъратIис кинниги ракI тIаде цIалеб хIал. Гьений кIиго соналъ къасисел курсазда цIалана. Цинги рехсараб школалда лъабго соналъги цIалун, щуябго курс лъугIизабуна.

 

 

 

 

 

 

 

– ЗахIмалъабиги дандчIван ратиларищха?

– ЗахIмалъиларищха, дунги гьитIинай чIужу гурелъул. Къаси лъазабураб радалалде кIочон батулаан. Щибаб къойил гIодулаан. Кинниги, Аллагьас, Жиндирго РахIмуялдалъун, дие кьуна хIеренал, дун йичIчIулел мугIалималги, кидаго кумекалъе хIадурал цадахъ цIалулел ясалги, алхIамдулиЛлагь. Дица гьезие щибаб какда хадуб дугIа гьабула.

– Вирд цебего босунищ букIараб, тIарикъаталде кин ккарай?

– ТIоцебе вирд босана дир васас, ЧIикIаб росдал мадрасалде цIализе араб мехалъ. Гьесдаго хадуб ясалъги босана. ГIемераб мех балелде, дирго эбелалъухъе щведал, гьелъ абуна, дуцаги щай вирд босуларебан. Гьеб цIибаккараб, бидгIаяб жо гуребищин дица абидал, гьелъ бицана, нижер инсулцин накъшубандияб тIарикъаталъул зикру букIанин. ГIолохъанго хун, нижедаса ватIалъун вукIинчIевани, гьесдасан цебего лъан букIине букIун батила гьелъул хIакъикъат.  Гьедин, 2007 соналъ СагIид-афандиясухъа вирд босана.

 

– ГIагарлъиялъул, росасул щиб пикру букIараб мун, кинабгоги рехун тун, гIелму цIалиялде юссиндал?

–  Дир рос ГIисахIажи рази вукIана. Амма гIагарлъиялъ гIемер бадирчIваял гьаруна. Хасго досул гIагараз. Дуца гьев рехон тун вугинги абулеб букIана. Дица досда абулаан кIиабилей чIужу ячейин абун. Амма дос инкар гьабуна. ХIатта дир кIудияв вацас, жинцаго бахIарайги ялагьун, гьел данделъизаризе хIаракат бахъана. ГIисахIажи разилъичIо. Жиндир ургъел гьабугейин, дурго мурад тIубазабеян абун, дир ракI батизабулаан. Лъабго курсги лъугIизабун рокъой чIезе хиял гьабидалги, бащдаб нухда рехун течIого, байбихьараб жо лъугIизабеян абун, гьес дида яхIал гъуна. БетIергьан Аллагьасдаса хадуб дир бищун кIудияб баркала гьесие буго.

Гьайгьай, гьаб гIураб мисал бугоха гIакълу бугев чиясе гIелму тIалаб гьабиялъул нухде лъугьине. Гьединав чи Аллагьас мурадалде щвезавичIого толареблъиги лъазе. Киналго рахъаздасан БетIергьанас нилъее гIелмуялдехун нух рагьун буго, гьеб нухдасан ине хIажатги буго. Мадрасалде, мактабазде хьвадизе рес гьечIезе онлайн-дарсал руго, радал-къад бажаруларезе къасисел курсал руго. Диналъул яцал, гIадада биччаге заман. Лъималги мажгитазде цIализе ритIе, нужеегоги гIамал гьабе.

 

Гара-чIвари гьабуна Хадижат Хизриевалъ

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...