Аслияб гьумералде

Гъаравашалъулалдаса цIикIкIараб...

Гъаравашалъулалдаса цIикIкIараб...

Аварагасул ﷺ яс ФатӀима-Загьраил килщаздаса, кверзул гьобоялъ гӀемер ханжу ххенон, би баккун букӀана. Гьелъ бетӀергьанчи ГӀалиде гӀарз бахъула.

 

Гьес абула: «Инсуда абе дуе гъараваш ккве», - ян. Гьей гъараваш кьеян гьарун Расулуллагьасде ﷺ аскӀое уна, амма гьев рокъов ватичӀого, ГӀаишатида абун тола.

«Авараг рокъове вачӀараб мехалъ, - илан бицунаан АбутӀалибил ГӀалица, - ГӀаишатица гьесда бицун буго ФатӀимат ячӀун йикӀанилан ва ниж регизе рахиндал гьев нижехъе вачӀана. Дун тӀаде вахъинеян лъугьана, амма гьес ругеб бакӀалда чӀайилан абуна ва, нижеда гьоркьов гӀодовги чӀун, бицана: «Дица нужеда малъилищ бокьарав лагъасдасаги, гъаравашалдасаги, анкьабго зобалдасаги, анкьабго ракьалдасаги нужее хирияб? Кьижилалде цебе 33 нухалъ «СубхӀаналлагь», 33 «АлхӀамдулиллагь», 33 нухалъ «Аллагьу акбар» ва цо нухалъ «Ла хӀавла ва ла къуввата илла биллагь валлагьу акбар» абе, гьеб нужее гъаравашалдасаги лъикӀаб буго», - ян.

Гьеб буго гlасрабаз хӀалбихьараб жо, гьелда нилъецаги гIамал гьабизе рекъараб буго. Гъаравашалъ гьабулеб кумекалдасаги, гьел азкаразул баракаталдалъун Аллагьас кьолеб кумек цIикIкIараб букIинарищ?

Заман гIоларин, жидер захIматаб яги гIемераб хIалтIи бугин абулез хӀалбихье Аварагасул ﷺ гьаб насихIаталда тIадчIей гьабизе.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...