Аслияб гьумералде

ХIадисалда рехсараллъун рукIа

ХIадисалда рехсараллъун рукIа

«ГIакълу дагьай, гIамал квешай чIужу ячарав, чIужу гуро дуе щварай, балагь щвана»

СагIади

 

 

 

Аварагасул ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Дунялалъул киналго нигIматал заман цIарал руго. Гьезда гьоркьоса бищун кIудияб нигIматги - лъикIай лъади йиго», - ян (Муслим).

 

 

Бану исраилазда гьоркьов вукIун вуго БалгIам ибн Баура абурав гIабид. Жиндалъун щиб гьараниги, дугIа къабуллъулеб Исму АгIзам лъалеб букIун буго гьесда. Жинца гIумру гьабулеб бакIалда гIемерисел гIадамал капурзабиги рукIун руго. Цо къоялъ гьезул пачаясухъе ругьел щун буго, Муса авараг, кIудияб аскарги бачун, шагьар бахъизе вачIунев вугин абун. Гьабизе жо тIагIарав пачаяс, БалгIамида гьарула, Муса аварагасе квешаб дугIа гьабеян. Амма БалгIамица инкар гьабула.

 

Гьанже гьеб хабар лъарал гIадамаз байбихьула гьесул чIужуялъе гIарац, месед ва гIемерал сайгъатал раччизе. БалгIамиейин абуни, чIужу цIакъ йокьулей йикIун йиго ва гьелъ абурабщинаб жо гьес тIубалебги букIун буго. Гьелъ росасда абизе байбихьун буго: «Мун гурони гьечIо балагь бачIиндал жиндирго халкъ рехун толев чи. Гьал гIадамаз дуе гьабурабщинаб лъикIлъиялъухъ баркалаго гьечIо дур. Гьабе гьез абураб жо», - ян. ТIад-тIад юссун, хIиллаял рагIабаздалъун, росасул талихIкъинабиялда тIад хIалтIула лъади. Ахирги БалгIам разилъула.

Муса аварагасе квешаб дугIа гьабизе магIарде вахунев вукIарав БалгIамил гIорцIен накабазда чIола. КигIан буханиги цебеги унаро. Гьеб мехалъ гIорцIеналъ гIадамазул мацIалдалъун абула: «Ле, БалгIам, дуца гьабулеб щиб? Унго-унгоги Аллагьасул Аварагасе квешаб дугIа гьабизе уневищ мун вугев? Дуда бихьуларищ, дун малаикзабаз цебе биччалеб гьечIеблъи?» - ян.  Гьеб мехалъги кантIичIо БалгIам. Гьелдасаги рещтIун, вилъанхъун уна магIарде. Гьениве щведал, Муса аварагасе квешаб дугIа гьабизеян лъугьарав гьесул мацI сверизабун, Аллагьас тIамула Мусае лъикIаб ва гьеб капураб халкъалъе квешаб дугIа гьабизе. Гьесул мацI каранде щвезегӀан далун бачIуна. ДугIаялъул пайдаги ккечIин, гьанже жиндир дунялги ахиратги хванин абун, къосарав БалгIамица капураб халкъалда Мусал аскаралде данде хIилла малъула. Гьес абула, Мусал рагъухъабазухъе берцинго къачIарал руччаби ритIейин, гьезул цоясгIаги зина гьабуни, гьезда бергьенлъи бихьуларин абун. Гьедин ритIарал руччабазул цояй йокьула рагъул церехъабазул цоясе. Гьез зина гьабураб лахIзаталъ, бану исраилазде тIаде БетIергьанас квешаб унти тIамула. Гьелъие ккараб сабаб лъарабго, Фагьаза ибн Айзар абурав Муса аварагасул асхIабас, гьел кIиялго зиначагIи чIвала, я дир Аллагь, Дуе гIасилъаразе бугеб тамихI гьаб бугинги абун. ГьебсагIат Аллагьас унтиги нахъе босула. Мунагь гьабуралдаса, гьел чIвазегIан гьоркьоб араб дагьабго заманалда жаниб, 70000 чи унтун хола. КватIичIого Муса аварагас шагьар бахъула. Асиразда гьоркьоре ккарав БалгIамги чIвала. Гьесие ва гьесул лъадуе рачIун рукIарал сайгъатаздаги цIа лъола.

Гьединаб квешаб къисматалде ккана БалгIам, дунялалда хадуй лъугьарай, хъантIарай чIужуялъ къосинавун.

Цо чIужугIаданалъ къосинавурав бихьинчи сабаблъун, 70000 чиясул рухI босиялде ишги ккана.

СагIд ибн Абу Вакъасица Аварагасдасан ﷺ бицана: «ТалихI ункъо жоялъулъ буго: лъикIай чIужуялъулъ, гIатIидаб минаялъулъ, лъикIав мадугьаласулъ ва санагIатаб рекIунеб жоялъулъ» (имам АхIмад).

ЛъикIай чIужуйин, тIоцебесеб иргаялда, Аварагас ﷺ абиялъулъ баянаб ишара буго, гьеб масъалаялъул бугеб кIудияб кIваралде. Лъадуца гьавула бихьинчи яги маликлъун яги лагълъун. Гьелъ гьабула гьесие кумек, яги Алжан босизе, ялъуни жужахIалда бакI хIадуризе.

Цебе заманалда рос хIалтIуде унаго, лъадуца абулеб букIун буго, жидеда ракъи хIехьезе кIвелин, амма жужахIалъул цIа кIвеларин, хIарамаб кванидасан бижараб гьан, цIадуе мустахIикъаб букIунин, вореха, хIарамлъиялдаса цIунеян. Гьединал такъва бугел, варагI камилал руччабазул хъизамазда баракат лъечIого букIунаро.

Ва БалгIамил гIадай хъантIарай чIужуялъ ккезабизе рес бугеб кьогIаб къисматгиха...

РачIа, диналъул яцал, нилъ рукIинин, гьаб хIадисалда абухъе, бищун кIудиял нигIматаллъун ва бетIергьанчиясул гIумру къачIалел тIугьдуллъун. КIочонге, диналда бищун лъикIал руччабаздасан, хIадисалда рекъон, рикIкIуна жидехъ балагьун, росасул ракI бохулел, жидеда щиб бугониги гьабеян малъидал, гьеб гьабулел, рос рокъов гьечIеб мехалъ, жийгоги гьесул къайи-къоноги цIунулей чIужу.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги бусурманчIужуялъе дунялалъ гуккизе чIечIого, талихIаб Ахираталде рокьулел чагIигун галаби тIамизе.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...