Аслияб гьумералде

Исламияб тарбия ва гьелъул кIвар

Исламияб тарбия ва гьелъул кIвар

Исламияб тарбия ва гьелъул кIвар

Лъабабилеб марталда Хунзахъ районалъул Маданияталъул кIалгIаялда тIобитIана районалъул руччабазул мажлис.

 

Гьеб гIуцIиялъул аслияб мурад букIана бачIунеб гIелалъе исламияб тарбия кьей ва ахираб заманалда гIолилазда гьоркьор машгьурлъарал унтабаздаса лъимал цIуни.

 

 

 

 

 

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имам АхIмад МухIумаевас, дагIваталъул отделалъул нухмалъулей Ирина ГIалиевалъ ва районалда бугеб дагIваталъул отделалъул нухмалъулей Рукъият Мажидовалъ.

КIалъазе рахъараз бицана лъималазе тарбия кьеялъул, гIелму тIалаб гьабиялъул, социалиял гьиназдаса бугеб пайдаялъулгун заралалъул.

Мажлис берцин гьабуна нашидал ахIиялдалъун ва ахиралда тIолалго бусурбабазе дугIаги гьабуна.

 

МухIаммад НурмухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...