Аслияб гьумералде

ЧIужугIаданалда бараб букIуна

ЧIужугIаданалда бараб букIуна

ЧIужугIаданалда бараб букIуна

Рокъоб берцинаб гьава-бакъ цIуниги, хъизамалда жаниб гIодобе биччараб, лъикIаб хIал букIинги, цIикIкIун чIужугIаданалда бараб буго. Гьей йиго эбел. Гьей йиго лъади. КъватIиб балеб цIадалдаса цIуниялъе дугъ гIолеб батаниги, рокъоб ахIвал-хIал лъикIлъиялъе гIадатиял гурел къагIидаби ралагьизе ккола.

 

Ахириял соназда цIакъ гIемерал хъизамал риххулел руго. Рачун дагьаб заманалде ратIалъулел гIемер руго, чанго сон цадахъ баралги гIумруялъ батIи-батIиял нухазде рикьизарулел руго. ЦIияб хъизан гIуцIаразул ва ратIалъулел ругезул къадаралъул цIех-рех гьабидал, исана март моцIалде ругел баяназда рекъон, 1397 ригьин гьабун буго Дагъистаналда. РатIалъаразул къадар бахун буго 4714-ялде.

Ибну ГIумаридасан бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ХIалалаб бугониги, Аллагьасе бищун рихараб жо тIалакъ, ай хъизан биххи буго», - ян. Бищунго щайтIаналъе бокьулеб ва Аллагьасе рихараб тIалакъ гьаб куцалда цIикIкIунги буго. Квешаб хIасилалде иш ккелалде, батIи-батIиял сабабазул хIалбихьун, хъизан цIунизе ва лъимал, чIагоял эбел-эмен рукIаго, бесдал гьариялдаса рикIкIалъизе ккола. Гьениб, чара гьечIого, чIужугIаданалъул хIаракат бахъиги, бихьинчиясул гIакъиллъиги, гьезул кIиязулго сабруги къваригIуна. Амма, кинниги, чIужугIаданалда бараб буго рукъалъул жанисеб ахIвал-хIал.

Цо мискинаб, лъимал гIемераб хъизан букIун буго. Щибниги жоялъе гIарацги гIоларого, къоялъ хIалтIулей йикIун йиго эбел. Щвараб гIарцуде лъималазе хIажатабщинаб босун, жиндаго тIад гъурущцин хвезабулеб букIун гьечIо. Рокъое щведал, квен гьабун, черон, жеги цIикIкIун свакалейги йикIун йиго. Гьединаб хIал букIаго, щиб рокьиги хинлъигиха гьелъ лъималазе кьелеб? Нахъаса къотIичIого ягъулей, ахIдолей йикIун йиго гьезде. Цо къоялъ гьей ургъун йиго жиндирго лъималаздехун бугеб йикIа-яхъиналда тIад ва гьезда ракIгурхIун буго. Эбелалъул хIукму ккун буго гIакъиласухъе ун, лъикIай эбеллъун йикIине ккани, щиб жинца гьабизе кколебин цIехезе. Гьеб ниятги тIубан рокъое тIадюссиндал, эбел хисун лъурай гIадин ятула. Гьей тIокIалъ ахIдолей гьечIолъи, кидаго гьимун, хIеренго кIалъалей йихьарал, рохарал лъималазул гIажаиблъизе бачIуна. Анкьида жаниб цо нухалъ, хIалтIудаса ячIиндал, батIияб рокъоеги ун, нуцIаги къан, жий къватIие ячIинегIан, лъицаниги квалквал гьабугеян лъималаздаги лъазабун, дагьаб заманалъ эбел тIагIун чIолей йикIун йиго. Гьедин щибаб анкьалъ такрарлъидал, гьей щиб гьабулейгIаги йикIунищали балъго балагьизе ун руго лъимал. Кинаб гIажаиблъиха гьезул букIараб, жийго-жиндаго гIодойги чIун, чай гьекъолей эбел йихьидал!

«Баба! Дуца гьабулеб щиб? Нижедаса балъго гьуинлъи кваназе кин кIвараб дуда?» - ян ахIула лъималаз.

«ЧIа цо, дир лъимал, - ян абула эбелалъ, - нужее дун ракI разияй, лъикIай эбеллъун йикIине бокьун батани, квалквал гьабуге».

Гьаб гьитIинаб къисаялъул хIасил: цогидал рохизаризе, берцинаб рукIа-рахъин гьабизе ккани, тIоцеве живго вукIине ккола гьеб хIалалда. Дурго гьечIеб жо цогидазе кьезеги кIоларо. Шишиниса стаканалъубе тIунин абун, къанцIа гьуинлъуларо, стаканги махI бахъараб, цIекIлъи чIвараб лъугьуна. ТIоцебесеб иргаялда, чIужугIадан жиндирго хIал лъикIлъиялда тIад хIалтIизе ккола. Цинги гьелда кIола росги лъималги талихIаллъун гьаризе. Гьедин, чанги хъизан хвасар гьабизе рес букIана. ХIеренай, мутIигIай лъадудехун хъачIлъи бихьизабизе росасдаги кIвеларо.

Берцинаб калам рагIичIел, эбел-инсул рокьи щвечIел лъималазул, кIудиял гIедал, гIемерал масъалаби рукIуна, гIумруялъул захIмалъаби къабул гьаризе ва гьел кколеб хIалалъ нухда регIизе захIмалъула. Къоялъ хIалтIуда свакан, рокъоб парахалъи щвеялде хьулгун тIадвуссунев росасда, лъадиялъ берцинаб дандчIвай гьабуни, гьимун гьесухъ балагьани, гьес хъизамалъе гIоло баччун бугеб захIмат, къимат гьечIеб жолъун чIезабичIого, гIаксалда, баркала загьир гьабуни, кигIанха гьев вохиларев? Рос разияй чIужуялъе Алжан хIакъаб букIинги ракIалда ккун, кигIан дур гьесда ццин батаниги, хIаракат бахъе Аллагьасе гIоло лъикIай чIужулъун йикIине. Гьев кIодо гьавиялдалъун, дуего кIодолъи щвела. Лъимал лъикIал лъугьинги – тIолабго рецц-бакъ дунялалдаго эбелалъе щолеб иш буго. КIочене бегьуларо, гьел Аллагьас духъе кьураб аманат букIин. Ахираталда букIине бугеб даражаги, гьез гьабураб лъикIлъиялъухъ дуе гьениб щолеб кириги бицун хIалкIолареб буго.

Гьединлъидал, хирияй диналъул яц, хехго тIаса унеб дунялалъ гуккизе чIоге. КIвараб хIаракат бахъе Аллагь разилъи щвезе. ТIоцебесеб иргаялда, дуего рохел щолеб, хIал лъикIлъизабулеб хIалалаб къагIида балагье. Цинги байбихье дурго ракIалда тIегьарал махI берцинал тIугьдул сверухъ ругезе сайгъат гьаризе. КIочонге, дуда бараб гIемер буго!

 

Хадижат Хизриева

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...