Аслияб гьумералде

Мисалалъул асар

Мисалалъул асар

«Нужер щивав вехь вуго ва щивас жаваб кьезе буго жиндирго рагIияталъул» (Бухари).

 

Щаклъи гьечIого, эбел ккола лъималазул кIудияб хIакъ жинда тIад бугей гIадан. ГIемерисеб заманалда гьей йикIуна гьезда аскIой, цIикIкIарасеб тарбия гьелдасан щола, хасго ясазе. Гьез сундулъго мисал босула эбелалдаса, гьелъул хасият къабул гьабула. Иш гьедин букIин бичIчIарай эбелалда рекъола гьеб хIакъикъаталдаса цIикIкIун пайда босизе.

ГIадада гуро абулеб: «Лъималазе тарбия кьоге, дуего кье», - ян абурал. РагIабазул щибго асар букIунаро, бихьизабураб мисалалъ кинабго тIубала. Аллагьасул ﷻ амраби тIураялда хурхунги гьебго хIал буго. Гьединлъидал, гIакъилай эбелалъ хIаракат бахъула гьитIинго лъимералда гIибадат гьаби берцин бихьизабизе, «как бай, кIаз къай» абун, щибго бичIчIизабичIого буюрухъал кьун гуреб, хIакъикъат, гьелдаса дунял-ахираталъе бугеб пайда берцинго баян гьабун. Гьеб мехалъ лъимералъе жиндиегоги бокьула гьел амраби тIуразе.

Масала, 7 сон барабго лъимералъе бицина какил бугеб хиралъи, амма гьелда бичIчIулеб «лъималазул мацIалда». «Нижеда (аварагзабазда) Аллагьас амру гьабуна, гIадамалгун гьезул гIакълуялда рекъон кIалъай», - ян абуна Аварагас ﷺ. «Дуца как бани, бабаги дадаги рохила, Аллагьас дуе бокьараб кьела, как балел чагIи Аллагьасе рокьула», - ян абун ва гьезда релълъарал цогидал рагIаби хIалтIизарун, лъимералъул жиндирго гъира базабила. Какги бан, дугIа гьабизе малъила, дуе бокьарабщинаб кьолев Аллагь вугин абун, гьитIинго игIтикъад щула гьабила.

ГIазабалдалъун хIинкъизе гьариларо, гурони гьезул ракIазулъ Аллагьасул ﷻ хIакъалъулъ квешаб пикру бижизе бегьула. Гьелъ кьолеб кьогIаб къисматалъул жавабиялги цинги нилъ ккола. ГIаксалда, БетIергьанасдехун рокьи бижулел къагIидаби хIалтIизарила. КIочонге, лъималаз гьаруралщинал лъикIал гIамалазул кири нужееги букIунеблъи.

КIал кквезеги, как базего гIадин, 7 сон тIубаралдаса амру гьабила. Амма гьенибги гьитIинабго хIилла хIалтIизабизе бегьула: тIоцебесеб къоялъ кквезабила кIал къалъизегIан. Гьеб яхI гьабурабги лъимадуе гIела. Гьеб мехалъ гьелда кIал биччазабила, гьитIичазул кIал къалъизегIан букIунинги абун. Чара гьечIого лъимер беццила, гьелъ кIал кквеялдаса рохел загьир гьабила. Гьедин гьабила лъимер ругьунлъизегIан. Хадуб дагь-дагьккун, заман тIаде жубан, тIубараб къоялъ кIал кквеялде щвезабила.

Гьединго ясалда кIаз къазабиялъулъги гIакъиллъи хIалтIизабила. Зама-заманалда кIаз чIван йигеб хIалалъ, гьелъие рецц-бакъ гьабила, кIаз гьелда рекъон бугеб куцалъе кIвар кьела, гьелъул эменги гьединал рагIаби абиялде кантIизавила, гьелда берцин рихьарал кIазал ричун росила, берцинго хIижаб къазе ругьун гьайила. Гьедин, гьитIинго хIижабалъухъ рокьи ккарай ясалъ, кIудияй гIедалги «кIаз цIунула» ва «кIазалъ гьейги цIунула». Гьелда релълъун, цогидал лъикIал ишаздеги хIикмат-гIакълуялдалъун нух балагьун, Аллагьасде таваккалги тIамун, жидеего бокьун лъикIлъи гьабиялде куцан гIезарила лъимал.

Киназего тавпикъ кьеги!

 

 

Хадижат Хизриева

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...