Аслияб гьумералде

Хасало гьаризе малъа-хъваял

Хасало гьаризе малъа-хъваял

Хасел тIаде щведал, гьелъ цадахъ росун рачIунел сайгъатазда гьоркьоб, тIадагьаб гIазу гуребги, цо чанго бакIаб масъалаги букIуна. Амма щибаб захIмалъиялда цадахъ гьеб тIубазабулеб къагIидаги кьун букIуна Аллагьас. Гьале хасало пайдаялъе ратулел цо-цо малъа-хъваял:

 

  1. Хьитазде жанибе лъим бачIун, риччун ратани, хехго ракъвазелъун гьезда жанире гура-шурарал газетал къазаризе бегьула. ТIанчаз тIаде цIала регьел.
  2. ГIазу реххулелъул гьеб бугьуналда, болода рекIун чIола. Гьедин букIинаредухъ, болода нах бахине бегьула.
  3. Хасало рокъоб гьава «бакъвараб» букIуна. Гьеб сабаблъун грипп гIадал унтабазе чи кверде восизе бигьалъула, бактерияздаса цIунизе захIмалъула. Гьедин, гьава «ригьараб» лъугьине, зама-заманалда бегьула 15-20 минуталъ кIалтIалъел лъечIого лъим гьализабизе. Гьеб лъеде гъорлъе корицаялъул гIучIал, михIикI (гвоздика) яги лимоналъул хъал рехани, жеги берцинаб махIги букIина.
  4. Болъабазда цIер чIван батани, спирталъул кIудияб гъуд ва цIа-рагI чурулеб лъамалъиялъул гьитIинаб гъуд 2 литр бухIараб лъелъеги жубан, гьезде тIаде тIуни, хехго риина.
  5. Рокъоб хинлъи цIикIкIине, батареялда нахъа фольга тIад бугеб пенопласт яги цогидаб фольга рекIинабизе бегьула. Къадалъе унеб букIараб къадар хинлъиялъул рокъоб хутIула ва 2-5 градусалъ хинлъи цIикIкIуна.
  6. Хьитазда жаниса квешаб махI бахъун батани, гьитIинаб ххамил кесекалъулъ жемараб дагьабго сода лъела. Гьелъ регьелги бахъула, махIги инабула.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...