Аслияб гьумералде

ДандчIвай гьабуна

ДандчIвай гьабуна

Дагъистаналъул исламиял цӀалул идарабаздаса руччабазул мугӀалимзабазулгун дандчӀвай тӀобитӀана муфтиясул кумекчIужу ГIайна ХIамзатовалъ.

 

Гьел идарабазул цебесеб кьерда йикӀарай ГIайна ХIамзатовалъ жиндирго хӀалбихьиялда мугъчӀвайги гьабун, мугӀалимзабазе кьуна гӀемерал гӀакъилал малъа-хъваял.

«Жиндаса мисал босизе, цебе-цебе нух бахъарав чи вугеб мехалда, бигьаго букӀуна тӀадегӀанал хӀасилал щвезе», - ян абуна муфтиясул гӀакълучIужуялъ.

Гьелъ мугIалимзабазе гӀакълу кьуна жидерго махщел гьоркьоса къотӀичӀого камил гьабизелъун цӀикӀкӀун хӀалбихьи бугел гьалмагъзабаздаса мисал босеян.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...