Аслияб гьумералде

ТалихIаллъун рукIине ккани…

ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила, баркала гьечIолъи бихьизабуни - Дир гIазаб кутакаб буго», - ян (сура «Ибрагьим», 7 аят).

 

ГьитӀинаб жоялдаса вохизе лъаларесда, кӀудияб жоялдасаги вохун бажаруларо. Балагье сверухъе, гӀемерисеб мехалъ талихӀ бахчун букӀуна гӀиси-бикъинал жалазда жаниб: радал чIичIидулел хӀанчӀазул гьаркьазулъ, бежараб чадил махӀалъулъ, лъимадул убачалъулъ, росас абураб берцинаб рагӀулъ... Гьел гӀицӀго лахӀзатал гуро, гьел руго нилъер рухӀазе витаминал гӀадинал жал. Гьез нилъее кумек гьабула ургъалаби дагь гьаризеги. ЛъикӀал лахӀзатазде кӀвар буссинабидал, квешал пикраби нахъе уна. ГьитӀинал, рохалил лахӀзатал гьоркьоса къотӀичӀого рихьиялъ талихӀ цӀикӀкӀинабула ва лъикӀаб асар гьабула. Вохун, аваданго вукӀунев чиясул хъизамалда жаниб рокьул ахӀвал-хӀал бижула, гьоркьоблъи щулалъула. ГьитӀинал, лъикӀал лахӀзатаз нилъее къуват кьола захӀмалъабаздаса бергьине. Шукру гьабиялъги иман щула гьабула, Аллагьасде гӀагар гьарула ва нигIматал цIикIкIиналъе сабаблъун чIола.

Нилъеца гIиси-бикъинал рохалилал лахӀзатал кIвар кьечIого тола. Нилъер кIвар буссун букIуна чӀахӀиял мурадазде яги гӀунгутӀабазул ургъел гьабиялде. Гьале цо-цо гӀадатал, амма хӀасил кьолел къагӀидаби, гьитӀинал рохелал рихьизе ва гьезул къимат гьабизе ругьунлъизе:

  1. ХӀалтӀизабе ракӀбацӀцӀалъи. ХӀаракат бахъе «гьаниб ва гьанже» рукӀине. Чай гьекъолеб мехалъ, лъазе ккола гьелъул хинлъигун махӀ, гьебги Аллагьас кьураб нигIмат букIин бичIчIигун цадахъ. РакIалде щвезабе, чан миллион чи вугев дунялалда, чай гьекъезецин рес гьечӀев, унтиялъ ккурав, тIагIам лъаларев, гьеб гьекъезегIанцин кIусизе заман гьечIев, чай цадахъ гьекъезе чи гьечIев?
  2. Нухдасан унеб мехалъ, тӀабигӀаталъул берцинлъиялъухъ халгьабе. Кин БетIергьанас тIолабго дунялалда бугебщинаб инсанасе гIоло бижараб ва гьесие мутIигI гьабураб, кинаб берцинлъи нилъеда сверухъ гIуцIараб. Гьеб бихьизе берал кьуна, бичӀчӀизе гӀакълу кьуна, Аллагьасдасан букIин лъазе иман рекIелъе тIуна. Щибаб нигIматалъухъ халгьабуни, нилъеда бичIчIула, кигIан талихIал чагIи нилъ ругелали, кин Аллагьас лъикI хьихьун ругелали.
  3. Пикру гьабуни, квешабин ккараб жоялда жанибги маслахIат букIуна. Гьебги заман индал бичIчIула. ХIадисалда буго: «Муъминчиясул кинабго хӀалалъулъ бугебщинаб гьесие лъикӀаб букӀуна, муъминчиясе гурони гьеб гьединги букIунаро. Цо лъикӀаб жо ккани, гьес Аллагьасе рецц гьабула, гьебги гьесие лъикӀлъилъун лъугьуна, квешаб жо ккани, гьес сабру гьабула, гьебги гьесие лъикӀлъилъун лъугьуна», - ян (Муслим). Масала, дуе квешлъи гьабурав чиясул бакIалда мунго вукIинеги бегьулаангури! Чияе гьабураб зулмуялъул жаваб кьун бахъунаро, амма дуе гьабураб зулмуялъухъ гьабураб сабруялъ мун Алжаналде ячуна.

Аслияб къагӀидаялъ гьедин пикру гьаби ккола зикруялъул цо къагӀида - Аллагьасул махлукъаталдалъун кидаго Гьев ракӀалде щвезави.

  1. Рохизе сабаблъун рукӀине бегьула бищунго гӀадатиял жал: тӀагӀамаб квен, лъимадул гьими, Къуръаналъул аят цӀализе рес щвей. Заманалдасан нужеда бихьула нужер гӀумруялда жаниб чан гӀажаибаб жо лъугьунеб бугебали. Дунялалъул масъалабицин рохелалъе кьучӀлъун лъугьине бегьула, дурго бербалагьи хисани. Масала, рукъ бацӀцӀад гьаби букӀине бегьула хъизамалъе бацӀцӀадаб ва санагӀатаб ахӀвал-хӀал гӀуцӀизе реслъун, суннат цIунилъун, квен гьаби – хъизамалде рокьи загьир гьабилъун...
  2. Цо-цо мехалъ рохел бачӀуна хӀалбихьияздаса хадуб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «ХӀакълъунго, щибаб захIмалъигун бигьалъи буго», - ян («Аш-ШархI», 5 аят). Гьеб бичIчIи гIеларищ нилъее шукруялда даимлъизе? ЗахӀмалъаби сабруялда хӀехьезе бажариялъ ва Аллагьасул рахӀматалде хьул лъеялъ рагьула цӀиял, рохалилал нухазде нуцӀа. РакӀалда чӀезабе, Аллагьасе сабру гьабулев чи вокьулевлъи.

Аллагьас тавфикъ кьеги нилъее Жинца бижараб жоялъулъ бугеб берцинлъи бихьизе, Гьес кьурал сайгъатазул къимат гьабизе, щибаб къоялда жаниб рохел батизе. Амин.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...