Аслияб гьумералде

ХIижаб ретIизе гьукъулел

ХIижаб ретIизе гьукъулел

БусурбанчIужу гIадамазда гьоркьое яхъунелъул, исламалда рекъон, гьелъ бахчизе ккола, квералгун гьумер хутIун, тIубараб черх. Гьединаб ратIлида цIарги буго хIижаб, ай черх бахчи абураб. Гьелда сверухъ гIемераб хабарги ккола. Гьеб сабаблъун цIалул идарабазде риччачIого яги хIалтIуде росичIого бичIчIунгутIиял камуларо. ХIижаб лъугьун буго жиндехун кIвар буссинабулеб масъалалъун.

 

Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал босани, рецц Аллагьасе, къойидаса къойиде черх бахчарал руччаби цIикIкIунел руго. Амма камун гьечIо къаркъала бакъалда лъолелги. Хьул буго гьелги кантIилин абураб.

Халкъалда гьоркьоб гьарурал цIех-рехаз бихьизабулеб буго хIижаб ретIине руччабазе квалквал гьабулеб чанго гIилла-багьана букIин.

 

– ГIадамаз щиб абилеб?

Бищунго тIибитIараб хIинкъи буго гIадамаз щибдай абилебин абураб. Гьелъие гIиллалъунги, гIемерисеб мехалда, ригьалде рахарал руччаби кколел руго. Мун херлъунищ йигей яца-хьван йикIинеян абун кIудияй гIадан семидал, гIолилалъ инкар гьабулеб буго хIижаб ретIиналдаса. Амма бусурбанчIужуялъе, хасго ригьалде яхарай гIаданалъе, рекъараб букIинчIищ черх бахчараб ретIел ретIине къасд гьабурай ясалъе кумек гьабун, ракI батараб, рахъ ккураб рагIи абизе.

 

– Цо къо бачIина гьеб ретIулеб

Гьединги абун чIолел руго цо-цоял. Гьеб буго шайтIаналъул кверщаликье ккедал бицунеб хабар. Черх бахчизе тIадаб букIин лъарай гIадан, кинаб къо бачIинегIан балагьун чIезе кколей?

Дицани ретIилаан, амма ретIун хадуб тIаса бахъани лъикI кколарелъулха…

Хадуб букIине бугеб лъалев чи щивго гьечIо. Гьединлъидал хадуб ккезе рес бугеб жо сабаблъун гьабсагIат гьабулеб иш рехун тей гIакълу кколаро. Нахъа букIине рес бугелъухъ балагьичIого, черх бахчизе гIамал гьабизе ккола.

 

– Дир эбел-эмен хIижабалде данде руго

Лъималазе бокьараб жо гIемерисеб мехалда эбел-инсуеги бокьула. Щайгурелъул лъимадаса хирияб жо цоги букIунаро. Гьезда бичIчIулеб батичIони, хъачIлъи хIалтIизабичIого, недегьго бицани гьез къабул гьабиялде хьул цIикIкIараб букIуна. ГIасилъиялъулъ мутIигIлъеян гьечIелъул эбел-инсуеги, кинниги берцинго, гьуинлъиялда, гIакълу хIалтIизабун хIаракат бахъани, квалквал ккеларо.

– Дун ягIарула, хIехьезе кIоларо

Габуниб къараб кIазалъ гIанкъизе яхъуней йигин ккезабула иблисалъ. Гьаб заман буго бокьараб кьергун батIи-батIиял тайпабазул ххамал росун ретIел букъизе рес бугеб. Гьединлъидал жиндирго къаркъалаялда рекъараб парталги бищун, хIижаб ретIани, лъикIаб букIина.

 

– Дун хIалтIи гьечIого хутIула хIижаб ретIани

Гьаб заманалда хIижабги ретIун гьабизе бегьулареб хIалтIи гьечIо. Амма хIалтIуда хIижаб ретIугеян абунин абураб жоялъ исламалъул нух тезе ихтияр кьоларо. Гьедин гурони толей гьечIони, хIалтIиги рехун тун, хIижаб ретIи тIаса бищила. Щайгурелъул щивав инсан вижун вуго жиндирго ризкъигун. Нилъеца кинаб бугониги сабаб гьабуни, БетIергьанас гьелъие нух бигьа гьабула. Хасго хIижаб тIаса бищун, исламалъул нух ккурай гIадан Аллагьас рехун толаро.

 

– Дун жеги гIолохъанго йиго

Гьедин абизеги бегьилаан ГIизраил малаик гIумруялъул соназде балагьун вачIунев вукIаравани. Амма жиндир къо лъугIарасул гьес рухI босула. Гьединлъидал кIванагIан хехго черх бачизе гIамал гьабизе ккола. Щайгурелъул къватIибе баккараб тIом жужахIалъул цIаялъ бухIулелъул.

 

– Росасе ине захIмалъула

ХIижаб бокьуларев рос щибизе къваригIарав? Гьединав чигун данделъиялдаса ретIун хIижабгун йигони, БетIергьанас дагьавги лъикIав дандчIвазавула.

 

– Росасе арабго ретIила

Гьадин абулел цIакъго гIемер ратилан ккола. Гьебги кутакалда мекъаб пикру буго. Мунагь гьаби халат бахъинаби жеги кIудияб мунагь ккола. Росасе иналде цебегIанго гIумруялда жаниб чанги жо хисизе бегьула. Гьединлъидал тавбуялде гIедегIизе ккола.

 

Аминат МухIаммадова, ДИУялъул мугIалимат

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...