ТIадегIан гьарун руго
Исламалъ руччаби тӀадегӀан гьарун руго, хасго ритӀухъал ва Аллагьасукьа хIинкъарал. Ислам бачӀинегӀан гӀарабазул чӀинкӀиллъиялда руччабазул ихтиярал рукӀинчӀо.
Яс гьайи инжитлъилъун рикӀкӀунаан, инсуца гьей чӀаго юкъизецин бегьулаан. Исламалъ руччабазе кьуна гӀемерал ихтиярал, гьезул тӀалаб-агъаз гьабиялъул жавабчилъи бихьиназда тӀад лъуна. Амма гьелде балагьичӀого, ислам тӀибитӀизабиялъулъ руччабаз кӀудияб бутӀа лъуна. Машгьураб абиялда буго: «Щивав бихьинчиясда нахъа йикӀуна чӀужугӀадан», - ян абураб. Исламалъул тарихалдасан лъала руччаби рукIараблъи ва ругеблъи жидерго хӀеренлъиялдалъун, къвакӀиялдалъун, иманалдалъун бусурбабазул рахъ кколеллъун. Гьединго гӀемерал руччабаз кумек гьабуна аварагзабазе исламалъул ахӀи тӀибитӀизабизе.
ТӀадегӀанав Аллагьас хирияб Къуръаналда рехсеялдалъун кӀодо гьарун руго бищунго лъикӀал руччаби. Гьес руччабазул гӀемерисезе рецц гьабуна гьезул къвакӀиялъухъ ва сабруялъухъ. Гьаб макъалаялда рехселин хирияб Къуръаналда рехсарал цо-цо ритӀухъал руччабазул хӀакъалъулъ.
- ХIава. Гьей йикӀана Адам аварагасул лъади ва кумекчӀужу. Гьей йикӀана ракьалда бищунго тӀоцеесей чӀужугӀадан. ТӀадегӀанав Аллагьас гьей йижана Адамил хьабалухъгIучIалдаса. ХӀава рикӀкӀуна тӀолабго инсанияталъул эбеллъун ва ракьалда тӀоцеесей бусурбанчӀужулъун. Къуръаналда гьелъул цӀар рехсон гьечӀо. ТӀадегӀанав Аллагьас гьелда Адамил лъадиян абуна. Амма Аварагасул ﷺ хӀадисазда хас гьабун рехсон буго гьелъул цӀар. Абу Гьурайратица бицараб хӀадисалда буго: «Аварагас ﷺ абун бугила: «Исраилилал (бану Исраил) рукӀинчӀелани гьан хвезе букӀинчӀо ва ХIава йикӀинчӀейани, руччабаз росал гуккизе рукӀинчӀо», - ян (АхӀмад). ХӀафиз ибну ХӀажар ал-ГӀаскъаланица «ФатхIул-Бари ШархI СахӀихӀул-Бухари» абураб тӀехьалда гьеб хӀадисалъе баян кьолаго хъвалеб буго: «Гьеб хӀадисалдасан бихьулеб буго ХӀаваца, Адамие гьукъараб гъотӀодаса пихъ кваназе хӀалбихьун букӀин, гьев гьеб хӀалбихьиялъе мукӀурлъун, гьесги гьеб кванан букӀин. Гьелъул магӀна ккола гьелъ иблисалъул ахӀи къабул гьаби, жиндирго иргаялда, Адамил хӀалбихьи гьабун букӀинги», - ян.
- Умму Муса. Гьей йикӀана кӀиго аварагасул – Мусалги Гьарунилги эбел. Гьелъ Муса авараг гьавуна Мисриялда, гьабураб лъимер (вас) чӀвазе кколин фиргӀавница амру гьабураб заманалда. ФиргӀавнил хъулухъчагӀаздаса вас хвасар гьавизелъун гьелъ, Аллагьасул вахӀюялда хадуй йилъун, лъимер гъамасалда жанибги лъун, Нил гӀурулъе биччана. Гьелдаса хадуб Муса фиргӀавнил рокъове вачун, гьенив гьесул вас хӀисабалда гӀезавуна. Мусадаса эбелалъул ятӀалъиги къокъаб букӀана. Гьей кватӀичӀого ахӀана фиргӀавнил рокъое лъимер хахизе, гьес цогидал руччабазул карандаса инкар гьабулеб букӀиналъ.
- ФиргӀавнил чӀужу Асият. Гьей йикӀана фиргӀавнил лъади. Эбелалъ Нилалъулъе биччараб гъамасалда жанив лъурав Муса рагьана Асиятие, гьелъие гьебсагӀатго гьев вокьана. Асиятида кӀвана Муса чӀвагеян фиргӀавн мукӀур гьавизе. Гьелъ гьев цӀунана ва жиндирго вас гӀадин гӀезавуна. Лъалеб букӀахъе, Асиятил рос вукӀана Аллагьасда цеве бищунго мустахӀикъал гурел бихьиназул цояв, амма гьей йикӀана иман лъурай гӀадан ва росасдаса гьелъ гьеб бахчулаан. Гьеб мустахӀикъаб гӀамалалъухъ ва жиндирго БетӀергьанасе ритӀухъайлъун хутӀаралъухъ Аллагьас Асиятие тӀадегӀанаб даража кьуна, ва Алжаналда МухӀаммад аварагасул ﷺ лъадилъун гьаюна.
- Муса аварагасул чӀужу. Муса авараг гӀуна ритӀухъавлъун ва зулму хӀехьоларев чилъун. Цо къоялъ Исраилил лъималазул цоясе шапагӀатги гьабун, зулму гьабулев чиясда кьабун буго гьес. Гьев чи хвана, Муса вахчизе ккана. Гьеб заманалда Мусаца ячун йиго ШугӀайб аварагасул яс, гьелда цӀар букӀана Сафура. Магьари хӀисабалда Мусаца тӀаде босана анцӀго соналъ Мадяналда, ай ШугIайб аварагасул шагьаралда, вехьлъун хӀалтӀи. Гьеб рагӀи гьес тӀубазабуна. ТӀадегӀанав Аллагьасдасан вахӀю ва Аллагьасул амруял фиргӀавнихъе щвезареян амру щведал, Муса авараг гьесухъе ана, лъадиги васги Мадяналда инсуда аскӀорги тун. Мусал фиргӀавнилгун тушманлъи гӀемераб мехалъ халат бахъана, гьеб заманалда жаниб гьев гьоркьо-гьоркьов лъадухъе ва васасухъе щолаан. Гьеб кинабго заманалда жаниб Сафура, росасда божун, сабруялда гьесухъ балагьун чӀана, щибго жоялъухъ гьесие бадибчӀвай гьабичӀо. ТӀадегӀанав Аллагьас фиргӀавнги гьесул аскарги тӀагӀинабураб мехалъ, Сафураги гьелъул васги Мусагун цолъана.
- Марям. Хирияб Къуръаналда битIахъе цӀар рехсарай чӀужугӀадан ккола ГӀиса аварагасул эбел Марям. Гьелъул цӀар Къуръаналда лъабкъоялда анцӀгоялдасаги цӀикӀкӀун нухалъ рехсон буго. ТӀадежоялъе, гьелъул цӀар кьун буго хирияб Къуръаналъул 19 сураталъеги. Имам МухӀаммад ибн АхӀмад ал-КъуртIубияс «Ал-ЖамигӀ фи ахӀкамил Къуръан» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «ТӀадегӀанав Аллагьас жиндирго тӀехьалда цӀар рехсечӀо цониги чӀужугӀаданалъул, ГӀимранил ясалъул гурони. ХӀакъикъаталдаги, ТӀадегӀанав Аллагьас гьелъул цӀар Къуръаналда гӀага-шагарго лъабкъоялда анцӀго нухалъ рехсон буго», - ян.
Марямица гӀицӀго ТӀадегӀанав Аллагьасе сужда гьабулеб букӀана, гьелъие гӀоло гьей гӀадамаздасаги жиндирго гӀагарлъиялдасаги рикӀкӀалъана ва жиндаго чIун гӀумру гьабулеб букӀана. РакӀбацӀцӀадго ТӀадегӀанав Аллагьасе гӀибадат гьабулей Марям Гьесде гӀагарлъана. Цо сордоялъ жийго гӀодой чӀун йикӀаго, ТӀадегӀанав Аллагьас гьелъухъе Жибрил малаик витӀана, гьевги инсанасул сураталда цеве чIана. Жибрилас гьелда абуна, цо къоялъ ТӀадегӀанав Аллагьасул аварагзабазул цоявлъун лъугьине вугев вас гьавизе вугин дуца. Гьеб лъимер Марямие гьаби рикӀкӀуна кӀудияб мугӀжизатлъун, щайгурелъул, гьелъ эмен гьечӀого гьавуна ГӀиса ва гьей йикӀана цӀакъ ритӀухъай гӀаданлъун. ГӀикриматидасан бачӀараб хӀадисалда буго ГӀабдуллагь ибн ГӀаббасица абун бугилан: «Аллагьасул Аварагас ﷺ ракьалда ункъо мухъги бахъун, гьикъана: «Нужеда лъалищ гьаб щиб жояли?» - ян. Халкъалъ абуна: «Аллагьасдаги гьесул Расуласдаги бищунго лъикӀ лъала», - ян. Гьес абуна: «Алжаналъул агьлулъун кколел бищун лъикIал руччаби руго: Хадижат бинт Хувайлид, ФатIима бинт МухIаммад, Марям бинт ГIимран, МузахIимил яс Асият - фиргӀавнил чӀужу», - ян (Имам АхӀмад).