Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.

 

Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «ХIакълъунго, как буго муъминзабазе хасал заманабазда базелъун бихьизабураб», - абун (сурату «ан-Нисаъ», 103 аят).

Аварагас ﷺ абун буго: «Исламалъул кьучI щуго рукнуялда бан буго: Аллагь гурого цоги гьечIолъиялъе нугIлъи гьабиялда ва МухIаммад Аллагьасул Расул ﷺ вукIиналда, как бай, закагIат бахъи, Рамазаналъ кIал кквей ва хIеж борхи», - абун (Бухари). Гьединго Аварагас ﷺ лъазабуна: «Куфру ширкалдаги чиясдаги гьоркьоб как тей буго», - абун (Муслим). Чияс какги баларого, гьелдаго цадахъ гьеб тIадаб букIиналда инкарги гьабуни, базе хIажат гьечIолъиялдаги божани, киналго гIалимзабазул ижмагIалда рекъон, гьев исламалдаса вахъун ккола ва капуравлъун лъугьуна.

Аварагас ﷺ абуна: «Щуго как буго Аллагьас ﷻ жиндир лагъзадерида тIадкъараб. Гьел тIуран рарав чиясе Алжан щвелин рагIиги кьун буго», - ян (Абу Давуд, Насаи). Имам Маликица абуна: «Как буго инсанасул иман борцунеб жо, гьеб цIунарав чияс жиндирго динги цIунула», - ян.

Къойил щуго нухалъ балеб какалъ инсан вацIцIад гьавула гIисинал мунагьаздаса. Гьеб букIуна рухIияб рахъ бацIцIад гьабулеб лъим гIадин хIалтIулеб. Аллагьасул Расулас ﷺ цо нухалъ асхIабзабазда гьикъула: «Нужер цоясул рукъалъул кIалтIаса эхебе чвахулеб гIор бугони, къойида жаниб щуго нухалъ жив гьелъулъ чвердолеб, кин нужеда кколеб, гьелдаса хадуб гьесда тIад чороклъи хутIилищ?» - ян. АсхIабзабаз абула: «Кинаб бугониги чороклъи хутIиларо», - абун. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб буго щуябго паризаяб какалда релълъараб жо, жиндалъун Аллагьас ﷻ мунагьал чурулеб», - абун (Бухари, Муслим).

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «ХIакълъунго, какалъ нахъчIвала хъублъиялдаса ва квешаб гIамалалдаса», - абун (суратул «ГIанкабут», 45 аят). Аварагас ﷺ как релълъинабун буго нуралда ва абуна: «Гьеб (как букIине кколедухъ бан) цIунарав чиясе, гьеб букIина гьесие канлъилъун, далиллъун ва хвасарлъилъун Къиямасеб къоялъ», - ян (АхIмад).

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму д-дин» абураб тIехьалда хъван буго: «Как ккола лагъасдаги гьесул БетIергьанасдаги гьоркьоб бугеб гара-чIвари. Дуда какилъ гьуинлъи батулеб гьечIони, лъай, дур ракI цогидаб жоялда машгъуллъун букIин», - абун. Жеги абун буго, как кколин гIибадаталъул ах, (хIузуралда) гьениве лъугьарав чи пихъалги щун къватIиве вачIунин гьениса.

Как буго психологияб рахъалъ черхалъе бигьалъи щвейги. БатIи-батIиял ишазда тIадги ургъун захIматаб хIалалда ругеб мехалда, как бай лъугьуна парахалъи щвараб хIухьбахъилъун. Бищунго захIматал лахIзаталда инсан дунялалъул гъалмагъираздаса ватIалъула ва какилъе лъугьун, Халикъасдехун ﷻ вуссун кIалъан, гIодове виччала. Аварагасги ﷺ, захIматаб заманалда Билалида абулаан: «Я Билал, ахIе какде, нижеца гьелдалъун рахIат-хIалхьи гьабила», - ян (Абу Давуд).

Как буго Къиямасеб къоялъ иманалдалъун нугIлъи гьабун хадуб муъминчияс тIоцебе жаваб кьезе бугеб жо. Аварагас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ лагъзадерица тIоцебе жаваб кьезе бугеб жо ккола как. Гьеб тIубараблъун батани, гьесие талихI ккела ва хвасарлъи щвела. ГIунгутIаби ругеблъун батани, гьесул талихIкъина», - ян (Тирмизи).

Аллагьасул Расулас ﷺ хвелалде цебе гьабураб каламалда абун буго какил кIвар гьабеян абун. Имам АхIмад ибну ХIанбалица абуна: «Как буго Аварагас ﷺ жиндир умматалъе васият гьабураб ахирисеб жо, тIоцебе нилъеца цIунизеги кколеб», - ан.

Аллагьас ﷻ къуват кьеги щивасе какда тIадчIей гьабизе! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...