Аслияб гьумералде

Хиралъи цIикIкIарал

Хиралъи цIикIкIарал

БетIергьанас ﷻ батIи-батIиял гIиба-датал гьарун руго муъминзабазе, гьездалъун жал Аллагьасде ﷻ гIагарлъулел. Гьезул цо-цоял руго паризаял гIамалал, цогиял - гьабизе бегьулел, лъабабилел - суннатал. Гьаб лъабабилеб бутIаялдаса Аварагас ﷺ нилъеда  малъана гIемерал гIамалал.

 

Гьел нилъеца Аварагасдаса ﷺ ирсалъе росана нилъерго лъикIал гIамалал цIикIкIинелъун ва гIаламалъул БетIергьан Аллагьасда ﷻ аскIобги ажру-кири цIикIкIине. Жакъа бокьун буго гьезул чангоял рехсезе, киназдаго лъалеллъун гьел ругониги, пайда босизе бокьаразе ракIалдещвейлъун букIине.

 

Витруялъул как

Гьеб ккола хиралъи тIадегIанаб как, Аллагьасеги ﷻ бокьулеб гIамал, Аварагасги ﷺ кIвар кьолеб букIараб суннат. Гьелъул хиралъиялдаса ккола: Аллагьас ﷻ лагъасул ракIалда нур, гьурмада хъахIлъи базаби. Муъминчиясул хиралъи буго гьесул каказдалъун, гьезулги кIвар бугеб гьесие щола витруялда тIадчIей гьабиялдалъун. Гьединго щола Аллагьасул ﷻ разилъи ва Гьесул рокьи. Жиндир сахлъиялда, лъимал-хъизаналда ва боцIи-малалда баракат лъола. БетIергьанас ﷻ гьев Жив рехсолезда, сардилъ гIибадат гьабулезда ва мукIуразда гьоркьов хъвала. Мунагьал чурила. Ризкъи тIаде цIала, ракIалде ккаралъул лъикIабги хехго щвела. Ахлакъал лъикI гьарила, сабруялъе квербакъила, дугIаялъе жаваб щвела.

 

Сивак бахъи

Аварагасги ﷺ гьеб хIалтIизабиялде кIвар кьолеб букIана, «сивак буго кIал бацIцIад гьабулеб ва БетIергьан рази гьавулеблъун», - янги абулаан. ТIоцебе гьеб хIалтIизабурав чиги Ибрагьим авараг ккола.

Гьелъул пайдабаздасан буго: цаби рацIцIад гьари, гьезда тIад лъугьунеб тIогьиллъи инаби. Берцинаб махI бахъинаби. ТIагIам бихIинаби, кIалъай бигьа гьаби, гьаракь бацIцIад гьаби, гьаракь бахъулаго хъирхъири инаби, дабаздаса бачIунеб би чIезаби.

 

Къуръан цIали

Абула Къуръан цIалулесулъ БетIергьанас ﷻ Жиндирго нур бижизабулин. Аварагас ﷺ васият гьабун гьелъул хIакъалъулъ абун буго: «Дуца Къуръан цIалиялда тIадчIей гьабе, гьеб дуе ракьалда нурги зобалазда мун рехсейлъунги буго», - ян. Гьелъухъ щолеб ажруялъул бицунаго, Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасул ﷻ тIехьалдаса цо хIарп цIаларав чи вугони, гьесие лъикIлъи буго, лъикIлъиги жинда релълъараб анцIгоялъул гIадаб». 

Къуръан цIалиялъ бусурбанчиясул рекIелъ парахалъи, божилъи бижизабула, кив вугониги щибаб лахIзаталда гьесда цадахъ Аллагьги ﷻ вукIуна, гьесие ккаралъуб кумекги гьабула. Диналда чIезе, гьелъул ахIкамал тIуралевлъун вукIине кумек гьабула. ШайтIаналъ тIаде рачIинарулел кинал ругониги шубгьалъабиги рачахъула. РекIел пашманлъабазе, ургъелазе даруги гьеб буго. ХIинкъиялдасаги гьелъ рикIкIад гьарула.

 

ЗухIаялъул как

Радал тIаде рахъунаго беразда канлъи бихьула, гIиналда рагIула, цогидал лугбалги рагъа-рачарула. Пикру гьабидал, гьечIищ гьеб Аллагьасул ﷻ нилъее бугеб рахIматлъун? ГьечIищ гьеб БетIергьанас ﷻ нилъее кьураб кIудияб нигIматлъун? Гьелъухъ шукру гьабун бажарулищ нилъехъа? Амма, Аллагьасул ﷻ лагъзадеридехун бугеб лъикIлъиялъ, гьезул гIамалазухъ ажру гьаби гIурхъи гьечIеб аза-азариде бахинабулеб буго. Муслимица бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Щибаб цIияб къо бачIиндал, нужер щибаб лагаялъ садакъа кьезе ккола. БетIергьанасе гьабулеб тасбихI, рецц, бачунеб зикру, Гьев ﷻ кIодо гьави (Аллагьу Акбар), лъикIалдалъун амру, квешалдаса нахъчIвай гIадал жал садакъа ккола. Амма кьезе кколеб гьеб садакъаялъул бакIалда чIола зухIаялъул какил бараб кIиго ракагIат», - ин. ГьечIищха гьабги кIудияб рохеллъун. Гьелъул гIуж щола бакъ баккун хадуб хочол манзилалъ гьеб эхеде бахараб мехалъ. Гьелъул ракагIатазул бищун дагьаб кIиго буго, анцIила кIигоялде щвезегIанги базе бегьула. Гьелда тIадчIей гьабулев чи вугони, борчIун ккараб бецIизеги суннатаб буго.

Гьелъул хиралъи баян гьабун Аварагасдаса ﷺ гIемерал хIадисал рачIана. Масала, хиралъилъун ккола Аллагьасде ﷻ гIагарлъи, балагь, ургъел тIаса боси, ризкъи гIатIилъи, гьеб тIаде цIай, Аллагьас ﷻ ва Гьесул малаикзабаз тIубараб къоялъ цIуниялде гъоркье воси, Алжаналде унеб нухде рачин.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...