Аслияб гьумералде

Барааталъул сордо

Барааталъул сордо

ШагIбан моцI бащалъуда нилъеца кIодо гьабула Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъул хиралъи бицун рачIана аварагасул ﷺ гIемерал хIадисалги.

 

МугIаз бин Жабалица бицараб хIадисалда буго: «ШагIбан моцIалъул анцIила щуабилеб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ рахIматалдалъун балагьула кинабго халкъалде, Аллагьас ﷻ гьеб кинабго халкъалъул мунагьал чурула…», - ян.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIайшатица бицана, аварагас ﷺ абунин: «Дихъе цо нухалъ вачIана (рещтIана) ЖабрагIил малаик ва гьес абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Барааталъул сордоялъ жужахIалдаса хвасар гьарула Калаб тухумалъул гIиял рехъадул тIомалда бугеб рас рикIкIун гIадамал. Амма гьел хвасар гьарурал гIадамазда гъорлъе кколаро хIусудчагIи, чIухIарал, пахруял, гIагарлъиялъулгун бухьен къотIизабурал, чIухIдае ретIел (тIажу) халат гьабулел, эбел-эмен къварид гьарулел, жа гьекъолел, риба кваналел чагIи, мацIихъаби, питначагIи, сихIручагIи, хъачагъал».

Рекъараб буго хIалкIванагIан гIемер аварагасде ﷺ свалат битIун гьеб моцI кIодо гьабизе. Аби Умаятил Багьилиясдасан бицараб хIадисалда буго аварагас ﷺ абунин: «ШагIбан моцI бачIиндал чурхдулги рацIцIад гьаре, гьелъулъ ниятги бацIцIад гьабе», - ян.

Субукияс жиндирго тафсиразда рехсана, хIакълъунго, гьеб сордоялъ лъагIалил мунагьал чурулин, рузман сордоялъ анкьил мунагьал чурулел гIадин абун.

Амма мунагьал чуриялъе сабаб буго сордо борчIун лъикIаб гIамал гьаби. Гьединлъидал буго гьеб сордоялда цIарги мунагьал чуриялъулин абун.

Мунзириясдасан бицараб хIадисалда буго: «ГIидалъулги шагIбан моцI бащалъиялъулги сордо чIаго гьабурав чиясул, цогидазул ракIал холеб къоялъ, ракI холаро», - ян.

Гьеб сордоялъ бараб какилъ аварагас ﷺ суждаялда гьабураб дугIаялдасан буго: «Аллагьумма агIузубика мин гIикъабика ва сахатIика вала ухIси санаан гIалайка анта кама аснайта гIала нафсика фалакал хIамду хIатта тарза», - абун. МагIна: «Я дир БетIергьан ﷻ, дица Дудалъун цIуни гьарула Дур гIакъубаялдаса ва Дур ццим бахъиналдаса. Дуе кколеб хIалалъ рецц гьабизе дихъа бажаруларо, Дуе рецц буго Дуца Дуего гьабураб гIадаб, Дуе рецц буго Мунго разилъулеб хIалалъ».

 

Ясин цIали

Цогидал исламиял улкабазул бусурбабазго гIадин нилъер гьанибги мажгитахъ данделъун батаниги, яги щивас рокъоб цIалунги цIалула лъабго нухалъ сура «Ясин».

ТIоцебесеб «Ясиналъе» ният гьабула гIумру халалъизеян, кIиабилелъе – балагьаздаса цIунизе, лъабабилелъе – ризкъи гIатIилъизеян. Щибалда хадуб гьабула хасаб дугIаги:

 

بِسْمِ اللهِ الرَّحْمَنِ الرَّحِيمِ. اَللَّهُمَّ يَا ذَا الْمَنِّ وَ لاَ يُمَنُّ عَلَيْهِ يَا ذَا الْجَلاَلِ وَ الإِكْرَامِ يَا ذَا الطَّوْلِ وَ الإِنْعَامِ لاَ إِلَهَ إِلاَّ أَنْتَ ظَهْرَ الاَّجِينَ وَ جَارَ الْمُسْتَجِرِينَ وَ أَمَانَ الْخَآئِفِينَ. اَللَّهُمَّ إِنْ كُنْتَ كَتَبْتَنِي (كَتَبْتَنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ شَقِيًّا (أَشْقِيَاءَ) أَوْ مَحْرُومًا (مَحْرُومِينَ) أَوْ مَطْرُودًا (مَطْرُودِينَ) أَوْ مُقْتَرًا عَلَيَّ (عَلَيْنَا) فِي الرِّزْقِ فَامْحُ. اَللَّهُمَّ بِفَضْلِكَ شَقَاوَتِي (شَقَاوَتَنَا) وَ حِرْمَانِي (حِرْمَانَنَا) وَ طَرْدِي (طَرْدَنَا) وَ اقْتَارَ رِزْقِي (رِزْقِنَا) وَ أَثْبِتْنِي (أَثْبِتْنَا) عِنْدَكَ فِي أُمِّ الْكِتَابِ سَعِيدًا (سُعَدَاءَ) مَرْزُوقًا (مَرْزُوقُيِنَ) مُوَفَّقًا (مُوَفَّقِينَ) ِللْخَيْرَاتِ فَإِنَّكَ قُلْتَ وَ قَوْلُكَ الْحَقُّ فِي كِتَابِكَ المُنَزَّلِ عَلَى لِسَانِ نَبِيِّكَ الْمُرْسَلِ يَمْحُو اللهُ مَا يَشَآءُ وَ يُثْبِتُ وَ عِنْدَهُ أُمُّ الْكِتَابِ. إِلَهِي (إِلَهَنَا) بِالتَّجَلِّي الأَعْظَمِ فِي لَيْلَةِ النِّصْفِ مِنْ شَعْبَانَ الْمُكَرَّمِ الَّتِي يُفْرَقُ فِيهَا كُلُّ أَمْرٍ حَكِيمٍ وَ يُبْرَمُ أَنْ تَكْشِفَ عَنِّي (عَنَّا) مِنَ الْبَلآءِ مَا أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَا لاَ أَعْلَمُ (نَعْلَمُ) وَ مَآ أنْتَ بِهِ أَعْلَمُ إِنَّكَ أَنْتَ الأَعَزُّ الأَكْرَمُ. وَ صَلَّى اللهُ عَلَى سَيِّدِنَا مُحَمَّدٍ وَ آلِهِ وَ صَحْبِهِ وَ سَلَّمْ

 

«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим, Аллагьумма, я зал манни ва ла юманну гIалайгьи, я зал жалали вал икрами, я за тIтIавли вал ингIами, ла илагьа илла анта загьрал ажина ва жарал мустажирина ва аманал хаифина. Аллагьумма ин кунта катабтани гIиндака фи уммил китаби шакъиян, ав махIруман, ав матIрудан, ав мукътарран гIалая фи рризкъи фамхIу. Аллагьумма бифазлика шакъавати ва хIирмани ва тIарди ва икътара ризкъи ва асбитни гIиндака фи уммил китаби сагIидан марзукъан муваффакъан лилхайрати фа-иннака къулта ва къавлукал хIакъкъу фи китабикал мунзали гIала лисани набиййикал мурсали «ЯмхIуллагьу ма яшау ва юсбиту ва гIиндагьу уммул китаби». Илагьи биттажаллил агIзами фи лайлати ннисфи мин ШагIбанал мукаррами ллати юфракъу фигьа куллу амрин хIакимин ва юбраму ан такшифа гIанна минал балаи ма нагIламу ва ма ла нагIламу ва ма анта бигьи агIламу иннака антал aгIаззул акрам. Ва салла Ллагьу гIала саййидина МухIаммадин ва алигьи ва сахIбигьи ва саллам», - абураб.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...