Аслияб гьумералде

Иманалъул нур

Иманалъул нур

Иманалъул нур

Инсанасе жакъа дунялалдаги, метер ахираталдаги талихI букIиналъе бищун чара гьечIого хIажалъулел дару-сабабазул цояб ккола жинца лъикIаб рахъалде пикру хIалтIизаби ва гьелдаса пайда боси.

 

Пикру гьабеян абулелъул магIна ккола, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялъулги тIадегIанлъиялъулги, Гьес ﷻ гIажаибго бижун бугеб зоб-ракьалъулги, махлукъаталъулги пикру гьаби. Гьелъул аслияб мурадги ккола пикруялдалъун гIелмуги цIикIкIинабун, БетIергьанасдеги ﷻ щун, илагьияб нуралъ ракI гвангъизаби. Гьединлъидал инсанас хIаракат бахъизе ккола хIалкIун гьеб лъикIаб рахъалде буссинабизе.

Гьеб пикру гьабиялде кIвар кьун ахIулел хирияб Къуръаналъул аяталги аварагасул ﷺ хIадисалги гIемер руго. Гьениб рехсон буго гьаб магIнаялда бугеб аятги: «Зоб-ракь берцин гьабун бижиялъулъги, сордо-къо хисизабиялъулъги гIакълу бугел, цIодорал чагIазе пикру гьабизе гIурал хIикмалъаби руго», - абун. Хадусеб аяталда мухIканго баян гьарун руго гIакълудал бетIергьаби щал кколелалиги: «Гьединал цIодорал, гIакълуял гIадамал ккола жидеца регун, рахъун, гIодорчIун рукIаго Аллагьги ﷻ рехсолел ва зоб-ракь бижиялъулги гьезул хIикматазулги пикруги гьабун жидецаги абулел: - Я, БетIергьан Аллагь, Дуца гьаб кинабго гIадада бижичIо (хIакъалдалъун гурони), нижеца Мун Дуе данде кколарел, киналго сипатаздаса вацIцIадги гьавула ва Мун разияб гIамалги кьун, битIараб нухдеги тIоритIун, дуца ниж цIадул гIазабалдаса цIуне», - ян.

Аварагас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бижараб махлукъаталъул пикруялда цо сагIаталъ вукIин, цо соналъ гьабураб гIибадаталдасаги хирияб буго», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги пайдаяб жоялъулъ пикру гьабулелъун.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...