Аслияб гьумералде

Рокьи-махIабат цIикIкIинабулел какал

Рокьи-махIабат цIикIкIинабулел какал

Рокьи-махIабат цIикIкIинабулел какал

Аварагасдасан ﷺ нилъехъе рачIарал суннатал какал чанго тайпаялде рикьула. Гьезул цо тайпа буго жамагIатгун базе хириял, цогидаб тайпа - жамагIат гьечIого базе лъикIаллъун рихьизарурал.

 

Гьединго, руго лъагIалида жаниб цо нухалъ ралел, щибаб анкьалъ ралел, ва къойил такрарлъулел. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Дир лагъ гIазабалдаса цIунула гьесда тIад лъурал паризаял гIамалал гьариялдалъун, гьев диде гIагарлъула суннатал гIамалал гьарулел ругебгIан мехалъ», - абун. Аварагасул ﷺ хIадисги буго: «Суннатал какал ккола муъминчияс бетIергьан Аллагьасе битIулеб гьадият, гьеб гьадият нужеца берцин гьабун, къачIан битIе. Щайгурелъул, гьеб гьадият буго Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб рокьи-махIабат цIикIкIиналъе сабаб», - ян.

 

Ратибатазул хиралъи

ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «Рогьалил какалда цебе ратибаталъул кIиго ракагIат бай лъикIаб буго дунялалдасаги, дунялалда бугеб кинабго жоялдасаги», - абун.

Умму ХIабибатидасан бицараб хIадисалда буго: «Къаде какалда цебеги хадубги ункъо ракагIат баялда тIадчIей гьабурав, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жужахIалъе хIарам гьавула», - ян.

Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Аллагь гурхIаги бакъанил какалда цебе ратибаталъул ункъо ракагIатаб как барав чиясда», - ян абун.

«МаркIачIул как бан хадуб щибго батIияб калам гьабизегIан кIиго ракагIат какил барав Аллагьас ﷻ Жинде гIагаразда гьоркьов хъвала», - ян буго хIадисалда.

Ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Боголил какалда хадуб ратибаталъул кIиго ракагIат барасе, Аллагьас ﷻ кьола Лайлатул къадри чIаго гьабураб гIадаб кири», - абун.

 

ЗухIаялъул как

ЗухIаялъул каказул къадар кIиго ракагIаталдаса анцIила кIиго ракагIаталде щвезегIан буго. ЗухIаялъул какил гIужги бакъ хочол манзилалъ эхеде бахаралдаса байбихьун гьеб завалалде щвезегIан буго. Гьелъул бищунго хирияб гIужги, къоялъул ункъо бутIа гьабун цо бутIа араб мех ккола. Гьеб гIужалъ кIалъана ТIадегIанав Аллагь ﷻ Муса авараггун, гьеб гIужалъ ккана суждаялда ФиргIавнил сихIручагIи, ай гьез Аллагьасдаги ﷻ Аварагасдаги иман лъуна. Алжаналда бугила «ЗухIа» абун цIар бугеб цо нуцIа. Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан ахIулила кир ругел дунялалда рукIаго зухIаялъул каказда даимлъарал гIадамал, гьале нужер нуцIа, лъугьа жанире Аллагьасул цIобалдалъун абун. ЗухIаялъул каказда тIадчIей гьабурав чиясул ризкъи гIатIилъилинги буго.

 

Аввабиназул как

Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги маркIачIул какда хадуб аввабиназул анлъго ракагIат бан, гьоркьоб дунялалъул каламги гьабичIого, гьеб анлъабго ракагIат бащалъула анцIила кIиго соналъ гьабураб гIибадаталда», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца аввабиназул каказда тIадчIей гьабе, гьелъ къоялъ бицараб хъулухъ гьечIеб хабарги бацIцIуна, гьеб къоялъул ахирги бацIцIад гьабула», - ян. Аввабиналъул какил гIужги, маркIачIул какалъул ратибат баралдаса боголил гIуж щвезегIан буго.

 

Витруялъул как

Витруялъул бищун цIикIкIараб анцIила цо ракагIат буго. Гьелъул гIужги боголил какил ратибат баралдаса байбихьун рогьалил как ахIизегIан халат бахъуна. Сардилъ тIаде вахъунеб гIадат гьечIев чиясе, къаси кьижилалде цебе базеги хирияб буго.

Аллагь разилъаяв Абугьурайратица бицана: «Диде Аллагьасул расулас васият гьабуна, къаси витру бан гурони кьижугейин, амма сардилъ тIаде вахъунеб гIадат батани, нахъе бахъизеги хирияб буго», - ян.

Ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца сардил ахирисеб каклъун витру гьабе», - абун.

 

Тагьажудалъул как

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Къаси кьижаралъуса тIаде вахъун сардил гIужалъ, как бай Авараг дуца, гьелъулъ хIал кIвараб Къуръанги цIале. Гьеб буго Аллагьас дуе хасс гьабун, щуябго паризаяб какалде тIаде цIикIкIине гьабураб как. Дур БетIергьанас мун къиямасеб къоялъ чIезавизе вуго, кинабниги халкъалъ дуе рецц гьабулеб макъамалда», - ян. Гьеб ккола Аллагьас Аварагасе кьураб, жиндалъун гьес халкъалъего шафагIат гьабулеб хасаб макъам.

Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Рамазаналда хадуб бищун хирияб кIал мухIарамалъул буго, паризаял каказда хадуб бищун хирияб как къаси тIаде вахъун балеб буго», - ян.

 

МухIаммадгIали СагIитов

 

 

 

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Волонтеразул къец

Казбек районалда тӀобитӀана «Ас-салам» газета тӀибитӀизабулел волонтеразда гьоркьоб къец. ГӀага-шагарго 50 чияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. ГӀахьалчагӀаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана материалал мухӀканго цӀали ва суалазе жавабал кьей. Къецалъул мурад букӀана цӀалуде гъира бижизаби,...


ТоргIо хIан бергьана

МахӀачхъалаялъул «Труд» стадионалда тӀобитӀана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазда гьоркьоб регионазда гьоркьосеб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Турниралда гIахьаллъи гьабуна ичӀго командаялъ. ГӀурабго къеркьеялдаса хадуб Шамил районалъул командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ ва...


ШайтIаналдаса гIамал

Ццим бахъин ккола инсанасул тIабигIияб рекIел хIал, нилъер диналда жибги муъминчиясе кIудияб хIалбихьилъун рикIкIунеб. Ццим бахъун лъугьараб заманалда жиндаго тIад кверщел гьабизе бажари ккола, хирияв Аварагас ﷺ абураб кинниги, черхалъул загьирияб гуреб, унго-унгояб къуваталъулаб (рухIияб)...


АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.   Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул...


Бакъбаккул рахъалъул багьадур

ЦIар рагIарав бусурбабазул философ, тохтур, математик, Абу Наср МухIаммад ибн МухIаммад ибн Тархан Аль-Фараби Ат-Турки гьавуна Фараб шагьаралда (гьанже Казахстаналда бугеб Отырарстаналъул Турке районалъул Отрар шагьар) 874 миладияб соналъ. Гьижрияб 260 соналда.   Фарабида лъикI лъалеб...