Аслияб гьумералде

ЛъагIалил кири камил гьабе

ЛъагIалил кири камил гьабе

ЛъагIалил кири камил гьабе

Рамазан моцIалда хадусеб ккола шаввал. Гьелъул тIоцебесеб къо букIуна кIалбиччанкъо, гьеб къоялъ кIал кквезе хIарамабги буго. Амма хадусеб анлъго къоялъ кIал кквей цIакъ кири цIикIкIараб суннат буго.

 

ТIубараб рамазаналъ паризаяб кIал ккун заманго иналде цIидасанги кIал кквезе суннатаб букIиналда жаниб гIемерал хIикматал руго. Гьелъул цояб ккола рамазан моцIалъ ракъун-къечон рукIарал гIадамал квана-гьекъезе гъира-шавкъалда рукIин. Гьедин рукIаго цIидасанги кIал кквей напсалъе захIматаб жо букIун, гьелде данде рагъги бан, Аллагьасул ﷻ амруялда нахъвилълъин. Гьединлъидал шаввалалъ кIал кквей цIакъ кIвар бугеб ишлъун рикIкIуна.

Абу Аюб Ансарияс бицун буго Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги рамазан моцIалъ кIал ккурав, цинги гьелдаго хадуб шаввалалъул анлъго къоялъги ккурав, гьев вукIина тIубараб лъагIалицаго кIал ккурав гIадин», - ян.

Рамазан моцIалъул кIалалгун цадахъ шаввалалъул анлъго кIалги рикIкIани, гIола 36 кIал. Гьел ккурав чи тIубараб лъагIалицаго кIалал ккурав гIадин вукIунин абиялъул магIна щиб кколебали бичIчIизе нилъее кумек гьабула хадусеб хIадисалъ. Ибну ГIабасица бицун буго къудсияб хIадисалда жиндирго БетIергьан Аллагьасдаса ﷻ бицун Аварагас ﷺ абунила: «Аллагьас ﷻ лъикIабги квешабги хъвана, цинги гьел баянги гьаруна. Щив чи вугониги лъикIлъи гьабизе къасд гьабурав ва гьеб гьабичIев, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала Жиндаго аскIоб цо тIубараб лъикIлъилъун. ЛъикIлъи гьабизе къасдги гьабун гьеб гьабуни, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала Жиндаго аскIоб анцIго лъикIлъилъун, гьедин анкьнусиде щвезегIан ва жеги цIикIкIараб даражаялде бахинегIан.

Квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьабичIого тани Аллагьас ﷻ Жиндаго аскIоб гьеб хъвала тIубараб лъикIлъи гьабилъун. Инсанас квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьеб рагIалде бахъинабуни, Аллагьас ﷻ гьеб хъвала цо квешлъилъун» (Бухари, Муслим).

Гьанже бичIчIун батила рамазаналъул 30 ва шаввалалъул анлъго кIал ккурав чи лъагIалица ккурав гIадин вукIиналъул магIна. 36-ялъул щибаб Аллагьас ﷻ анцIголъун хъвайдал, гьеб ккола 360 кIал. 360 къоги букIана лъагIалида жаниб.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

«Бужайрами» абураб тIехьалда хъван буго, рамазаналда цадахъ шаввалалъул анлъго кIал санайил ккурав чи гIумруялъго паризаял кIалал ккурав гIадин вукIунилан. Гьединго щибаб соналъ, рамазаналъ гуребги цогидаб моцIалъги ва тIаде жеги анлъго къоялъги кIал ккуни, гIумруялъго суннатал кIалал ккурав гIадин вукIунила.

Рамазан моцIалъ кIал ккун букIинчIев чияс кквелищ шаввалалъул анлъго кIалин абураб суалалъе гIалимзабаз кьолеб буго гьадинаб жаваб. Рамазаналъ гIузру букIун кIал биччан батани, шаввалалъул кIал кквезе суннатаб буго, кинниги лъагIалица кIал ккураб гIадаб кири щоларо. ГIузруго гьечIого тун букIун батани рамазаналъул кIал, гьесие хIарамлъула шаввалалъ кквезе. Щайгурелъул гьесда тIалъула сундего вуссинчIого, гIузруги гьечIого тарал рамазаналъул кIалал хехго рецIизе.

Шаввалалъул анлъго кIал кквеялъул суннат щола гьеб моцIалда жанир ругебгIан мехалъ рикь-рикьун ккуниги. Амма кIалбиччаялъул гIидалдаса хадусеб къоялдаса байбихьун, гьоркьоб биччачIого тIатIала кквей, хирияб буго. Шаввал моцI иналдалъун гьел суннатал кIалазул гIужги уна. ГIуж ун хадубги гьел рецIизе суннатаб буго. «Бужайрамиялда» баян гьабун буго шаввалалъул суннатал кIалазул бакIалда рецIун кIалал ккуни яги назру гьабун тIаде росун рукIарал кIалал ккуни, шаввалалъул анлъго кIал кквеялъул суннат щвелилан.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги гIумруялъго кIал ккураб гIадаб кири босизе. Амин.

 

Салман ГьитIинов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...