Аслияб гьумералде

«Ас-салам» кIодо гьабиялъул сордо

«Ас-салам» кIодо гьабиялъул сордо

Дагьал церегIан къоязда Буйнакск районалъул Манасаул росулъ тIобитIана «Ас-салам» газета кIодо гьабиялъул мажлис. Мажлис тIобитIана боголил какдаса хадуб, росдал мажгиталда. Къаси заман букIаниги гьелда гIахьаллъи гьабуна росдал жамагIаталъ, ГьаркIас ва Гергентала росабалъа рачIарал гьалбадерица.

ТIатIалаго чанго соналъ «Ассалам» газеталъе гьабулеб подпискаялъе манасаулалъулаз районалда тIоцебесеб бакI ккуна. Гьале исанаги гьез бихьизабуна кIудияб жигар ва тIоцебесеб бакI ккуразухъе кьолеб байрахъгун мажлисалде рачIана газеталъул вакилзаби. Мажлисалъе байбихьи лъуна хирияб Къуръаналдаса аятал цIалиялдалъун. КIалъазе рахъараз бицунеб букIана «Ас-салам» газеталъул бугеб кIудияб кIваралъул: ислам тIибитIизабиялъул, иман щулалъизабиялъул, гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъул, инсанасул гIамал-хасият КъуръанхIадисаз малъулелъухъ куцаялъул, гьадинго лъай-гIакълу ва хьвадачIвади камил гьабизе ккеялъул.

Манасаул росдал жамагIат

КIалъазе вахъарав гьеркIесдерил имам МухIамадтIагьирица бицана хIасадалъул бугеб заралалъул, тIаса лъугьиналъул ва сабруялъул хиралъиялъул. Буйнакск районалда газета тIибитIизабулев ГIабдусамадов Камилица бицана газеталда хурхун районалда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Буйнакск шагьаралъул рухIияб лъай кьеялъул хIалтIухъан РурухIмаев МухIаммадица бицана гIибадаталъул хиралъиялъул. Манасдерил имам Исламудиница бицана дагIват гьабиялъул бугеб кIваралъул.

КIалъаязда гьоркьор зама-заманалдаса цIалулел рукIана авараг веццун гьарурал мавлидалги. Подписчиказда гьоркьоб можоро рехун цIар бачIаразе гьаруна батIи-батIиял сайигъаталги. Мажлисалда баркала загьир гьабуна «Ас-саламалъул» калам щивасул рокъобе щвезабиялъе квербакъи гьабулезе ва кьуна ракIалдещвеялъулал грамотаби. ЖамагIаталда гьоркьоб газета тIибитIизабиялъе, гьелъул магIна ва кIвар гIадамазда бичIчIизабиялъе кIудияб хIалтIи гьабула росдал имам Исламудин Идрисовас ва газеталъул вакил, росдал будун Мурад Давудовас.

Мурадица бицана жамагIаталъ газеталъул гьабулеб кIваралъул. Жидеца росулъ зама-заманалдаса газеталъул вакилзабиги данде ракIарун гьарулин «Ас-саламалъул» цIаралда гъоркь гьитIиналго мажлисал, тIоритIулин данделъаби. Гьединал данделъабазул баракат букIуна, жамагIат цолъун гъункизе ва цоцазулъ гьуинлъи цIикIкIине кумекги щола. Росулъ нагагьабги хъизан гьечIо газеталъе подписка гьабичIеб, гьезулги гIемерисез магIарул ва гIурус мацIазда, ай кIиялъего гьабун буго подписка. Манасдерил умумул гъунисел рукIана, Шамил имамасул хьибил ккун, диналъе ва ВатIаналъе гIоло къеркьарал. Жакъаги гьезул наслабаз яхI бахъула дин цIунизеги гьеб тIибитIизабизеги

Аварагасул хIадисалда бугелъул цо лъикIаб мажлисалъ азарго квешаб мажлисалъул мунагьал чурулин абун, гьединлъидал хьул буго гьадинал рохалилал мажлисал жеги рукIинин абураб.

Мажлисалъе ахир гьабуна киназего гIахьалаб дугIа гьабиялдалъун.

Аллагьас къабул гьабеги.

БАРИЯТ МУХIАММАДОВА, МАНАСАУЛ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...