Аслияб гьумералде

«Ас-саламалда» сверухъ къецал

«Ас-саламалда» сверухъ къецал

Гьал къоязда Лаваша районалъул Урма росулъ тIобитIана «Ас-салам» казияталда рахъарал суал-жавабазда тIасан къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалда бугеб магIарулазул ичIго росдал вакилзабаз.

Мажлис гIуцIана Урма росдал имам АсхIабгIали-хIажияс ва Лаваша районалда вугев «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул цевехъан ХIамидов МухIаммадрасулица.

Гьеб баракатаб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна магIарул мацIалда къватIибе биччалеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас, исламиял гIелмабазул доктор, Урмаса МухIаммадица, Лаваша районалъул имам АхIмад-хIажица, казият тIибитIизабиялъул отделалъул вакил Мурадица.

Щивав чиясе хIадур гьабун букIана январалдаса бахъараб къватIибе биччараб 12 номералда рачIарал суал-жавабаздаса щивасе анцIила кIиго суал. Къецалда гIахьаллъарал гIадамазул букIана батIи-батIияб ригь, рукIана гIолохъаби ва ригьалде рахарал. Гьединго рукIана руччабиги.

Гьел къецазда бергьарасе сайгъатлъун бихьизабун букIана гIумраялде ине путевка. Гьелъие мустахIикълъана Урма росулъа Сайпудинова Мадина. Цогидал гIахьалчагIазе кьуна къиматал сайгъатал.

Мажлис гIуцIараз ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьеб данделъиялъе кумек гьабуразе. Аллагьас аза-азариде бахинабеги.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...