Аслияб гьумералде

Шамил районалъе – Байрахъгун Кубок

Шамил районалъе – Байрахъгун Кубок

ЦерегIан къоязда Шамил районалъул ХIебда росулъ тIобитIана «рамазан моцIалда дандчIвай» абураб мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул рахъалъ жавабиял - МухIаммаднур Ибрагьимхановас ва Мурад МухIаммадовас, мухбирзаби - Шамил МухIаммадовас ва МухIаммадгIариф Къурбановас.

 

 

 

 

Мажлис байбихьана Къуръан цIалиялдалъун ва гьеб нухда бачана ДРялъул муфтияталъул Шамил районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ХIабибулагь МухIаммадовас.

КIалъазе вахъарав Бакълъухъ мадрасалъул мугIалим МухIаммадгIариф Нуровас киназдаго баркана тIаде щвараб рамазан моцI ва абуна гьаб бугин Аллагьасе ﷻ бищун хирияб моцIилан абун.

Хадур цере рахъана ХIебда росдал школалъул цIалдохъаби. Гьез рикIкIана рамазан моцIалъул хIурматалда гьарурал кучIдул. «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул хIалтIухъабаз лъималазе кьуна сайгъаталги.

 

 

 

 

 

 

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул районалда вугев вакил Зикруллагь СагIадуевас шапакъатал кьуна «Бищун лъикI какичуризе ва как базе лъалев» абураб цIаралда гъоркь цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIун букIараб къецалда бергьарал лъималазе.

Васазда гьоркьоб лъабабилеб бакI щвана ХIотодаса МухIаммадов МухIаммадие, кIиабилеб бакI – Ругъелдаса ЗайнулгIабидов СайидмухIаммадие ва тIоцебесеб бакI – Бакълъухъа ГьитIиножоев МухIаммадие.

Ясазда гьоркьоб лъабабилеб бакI щвана Сомодаса ХIажиева СалихIатие, кIиабилеб бакI – ГIасаса МухIаммадова ПатIиматие ва тIоцебесеб бакI – Ругъелдаса ХIадисова Хадижатие.

КIалъазе вахъарав МухIаммаднур Ибрагьимхановас бицана 2023 соналъе гьабураб подпискаялда рекъон Шамил районалъ тIоцебесеб бакI ккунин абун.

Районалда гьабун буго 2600-ялдаса цIикIкIун экземпляр газеталъе подписка. Район бахун къватIибе хъван буго 1600. Гьеб ккола, магIарул мацIалда биччалеб «Ас-саламалъул» тIолабго тиражалъул 10 процент. Гьединлъидал районалъул вакилзабахъе кьуна, «Ас-салам» казияталъе подписка гьабиялъул рахъалъ, тIоцебесеб бакI ккураблъиялъе нугIлъи гьабулеб Байрахъ, Кубок ва редакциялъул рахъалдаса Къуръан.

Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул рахъалдасан ХIабибулагьица баркалаялъул кагътал кьуна школалъул учительзаби НурмухIаммадова ГIаишатие, Хизроева ПатIиматие, ХIажиева ПатIиматие, ва районалъул «Цолъи» газеталъул бетIерай редактор ПатIимат МухIаммадовалъе.

 

 

 

 

Микьигьориб росдал имам ХIусен МухIаммадовас бицана тавбу гьабиялъул хиралъиялъул ва цоцаздехун лъикIаб бербалагьи гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ.  Рамазан моцIалъул хIурмат гьабизе ккеялъул бицунаго, гьес рехсана аварагасул ﷺ гьадинаб хIадис: «Рамазан моцIалъул хиралъиги, гьелда жаниб бугеб баракатги умматалда лъалеб букIарабани, гьезда тIубараб лъагIелго рамазанлъун букIарабанищан ккезе букIанин», - абун.

Ахиралда кIалъазе вахъарав районалъул имамзабазул председатель ГIизудин ГьитIиножоевасги баркана киназдаго хирияб моцI ва бицана, Аллагьасул хIукму батани, 13-16 апрелалъул къояз районалде аварагасул ﷺ асарал рачIине ругиланги.

 

 

ГьитIиножоев ГIизудин, Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель:

 

 

 

 

Школалда цIалулеб заманалдаго, ГIизудин гIелму цIализе хьвадана гIагараб Бакълъухъ росдал мадрасалде. Школа лъугIидал цIализе лъугьана ЧIикIаб бугеб исламияб институталде. ХIалтIана Буйнакск шагьаралъул мажгитаздаги мадрасабаздаги. Цо гьоркьоб заманалда Белорусиялдаги бана саламатаб мех. ГьабсагIат гьев ккола росдал имам ва цадахъго бачунеб буго районалъул имамзабазул советалъул председателасул хIалтIиги.

 

– ГIизудин, жакъа районалда гьабулеб бугеб, нужеца, ай имамзабаз кIвар кьезе ккараб хIалтIи щиб бугеб?

– Аслияб хIалтIи буго школазде хьвади ва щивав цIалдохъан лъайги тарбияги щварав, жамгIияталъе пайдаяв инсанлъун куцай. Лъималазда иман-ислам малъи, гьел битIараб нухдасан церехун рачин. Аслияб куцалда хIажат буго гIун бачIунеб гIелалде цIикIкIун кIвар кьезе.  

Цоги, апрелалъул бакьулъиялда районалде рачIине ругел аварагасул ﷺ асарал. БукIине кколеб куцалда, хIурматалда гьезда дандчIвай гьабизе мажгит ва гьелда сверухъ бакIал къачIаялъул хIалтIабиги унел руго. 

 

– Жакъа нужеца дандчIвай гьабуна «Ас-саламалъул» Кубокалда

ва Байрахъалда…

– «Ас-саламалъе» гьабулеб хIалтIулъ, районалда ругел вакилзабаз, гIолохъабаз ракI-ракIалъго хIалтIун кIудияб кумек гьабуна. Аллагь ﷻ разилъаги щивасдаса. Гьезул хIалтIул хIасилги лъугьана ва «Ас-саламалъе» подписка гьабиялъул рахъалъ районалъ тIоцебесеб бакIги ккуна.

Кубокгун Байрахъ къабул гьабиялда бан жакъа гьитIинабго мажлис гьабиялда къокълъун чIаниги, ин ша Аллагь, дунял хинлъидал, «Ас-саламалъул къо» абун цIар лъураб кIудияб мажлис гьабизе ракIалда буго. 

 

 

Умижат МуртазагIалиева, ХIебда росдал школалъул учительница:

 

 

 

 

– Дун школалда учительницалъун хIалтIулелдаса 48-абилеб сон буго. АлхIамдулиллагь, гьеб заманалда жаниб цоял цояздаса лъикIал гIемерал лъимал ана школа лъугIун къватIире. Гьаб жакъасеб данделъиялда церерахъарал лъималги дир цIалдохъаби ккола. 

 

– Школалда цIалулел лъимал мадрасалде хьвадулел ругони, гьелъ школалъул цIалуе квалквал гьабулищ?

– Дир гIемерисел цIалдохъаби мадрасалде хьвадула, гьезда Къуръан цIализеги лъала. Гьелъул щибго квалквалги букIунаро. ГIаксалда, мадрасалде унел лъимал рукIуна цIодорал, гIадлу бугел. Нижер школалда буго как базе хIажатазе хасаб рукъ. Мажгиталда как ахIулеб рагIидал, лъималаз бакка-бахъи гьабула как базе ине бегьилищин абун. Нижецаги щибго инкар гьабуларо. Щайгурелъул гьез гьениб балеб заман буго, бищун цIикIкIун, анцIго минут. Аллагьас ﷻ щивасул наслаби диналъул нух ккураллъун гьареги. 

 

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....