Аслияб гьумералде

НакIкIикь мажгит рагьана

НакIкIикь мажгит рагьана

Дагьал церегIан къояз Хунзахъ районалъул НакIкIикь росулъ тIобитIана мажгит рагьиялда хурхун мажлис-мавлид.

 

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имам МухIумаев АхIмадица, районалъул имамзабаз, росдал жамагIаталъ ва тIаде рачIарал гьалбадерица. Данделъиялда гьаруна вагIза- насихIатал, гьоркьо-гьоркьор ахIана мавлидалги.

Мажлисалда гIахьаллъа-разе росдал жамагIаталъ хIадур гьабун букIана хинаб квен. Районалъул имамасул цIаралдасан, мажгит баялъе кумек гьабуразе кьуна баркалаялъул кагътал ракIалде щвеялъулал сайгъатал.

Гьединго, росдал жамагIа-талъ, мажгит цIи гьабиялъе квербакъиялъухъ ва гьабураб жигараб хIалтIухъ росдал имамасе кьуна гIумраялъе ине санагIатлъи чIезабураб сертификат ва ракIалде щвеялъулаб сайгъат-хвалчен.

 

МухIаммад НурмухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...