Аслияб гьумералде

Росдал къо ва 100 сон тIубай

Росдал къо ва 100 сон тIубай

Буйнакск районалъул ХIабщи росдал жамагIаталъ щибаб санайил тIобитIула росдал къо. Исанасеб данделъи тIобитIана Буйнакск район гIуцIаралдаса 100 сон тIубайги цадахъ ккезабун. Инсанасул ватIаналде кидаго ракI цIала ва гьеб бокьула. Буйнакск районалда гIемерал росаби руго ва щибалъ жидерго тарихги гIадатги буго.

 

 

 

 

 

 

 

 

 

ХIабщи росдацайин абуни бан буго 1528 сон.

Мажлисалъе хIадурлъи гьабизе байбихьун букIана моцIалъ цебе.

Гьелъул хIурматалда тIобитIараб тадбиралда рукIана спортивиял къецалги. Спортивиял къецазда бергьаразе кьезе гIаммаб фонд букIана 120 азарго гъурущ. Гьединго вагIза насихIатги гьабуна.

Мажлисалъе байбихьи лъуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ГIусмановас. Гьес хIабщадерида баркана росдал къо ва киназего гьарана сахлъигун рохел. 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Мажлисалда кIалъарав росдал имам МухIаммадов Шамилица абуна: «Гьадинал мажлисал Буйнакск районалъул щибаб росдаца гIуцIизе бегьила. Нилъер рокьи цIикIкIуна ва цоцада лъала», - ян.

Буйнакск районалъул бетIерасул ишал тIуралев Уллубий Ханмурзаевас абуна гьадинал данделъабаз халкъ цолъизабулин абун.

Цинги тIоритIана спортивиял къецал ва ахиралда щивав чи кваназеги гьавуна. 

Мажлис берцин гьабуна «Пехлеван» абураб палугьабазул къукъаялъги. Гьелъул нухмалъулев ккола АсхIабгIали ХIасанов.

Росдал бегавул МухIаммад МухIаммадовас киназего баркала кьуна ва талихIгун рохел гьарана. 

Мажлис лъугIизабизе гIадамал гIедегIулел рукIинчIо. Къасимех щвезегIанцин гIадамал гьениса камичIо.

 

 

 

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...