Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар
Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар
Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.
Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана батӀи-батӀиял росабалъа лъимал, гьез бихьизабуна Къуръан цӀалиялъул къагӀидаби жидедаго лъалеб куц.

Бакъаникакда хадуб росдал мажгиталда тIобитIана гIалимзабазул мажлисги.
Тадбиралда гӀахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугӀрузулаб округалда вугев вакил ГӀали Разакъовас, ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамсудин Шамсудиновас, магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» газеталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас, Болъихъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ГӀумар ГӀалиевас, районалъул росдал бегавулзабазгун жамагIатаз.
Гьенир кIалъазе рахъараз бицана хирияб рамазан моцӀалъул кӀваралъул хIакъалъулъ. Районалъул бетIерасе баркала загьир гьабулаго абуна, гьадинал къецал тIоритIиялдалъун лъималазулъ гьитIинго Аллагьасул ﷻ Каламалдехун бижизе бугин рокьи. Киналго ахIана иман щула гьабиялде, рухӀияб рацӀцӀалъиялде. Бицана цолъиялъулъ бугеб пайдаялъул.

Шамсудин Шамсудинов, ГIахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель:
- Дун ккола Маштада росулъа. ГьитIинаб къоялдаса нахъе букIана исламияб гIелму лъазабизе гъира. ТIоцебе, школалда цIалулаго, хьвадана мажгит-мадрасалде. Школа лъугIун хадуб медколледжалде лъугьана цIализе.
Гьениве цIализе лъугьине бокьун букIана инсуе, амма инсуца дир динияб цIалудехун бугеб рокьи бихьун, живго ун, документал кьуна ДИУялдеги. Гьелда тIадеги, эркенаб заманалда цогидал мугIалимзабазухъе хьвадунги гIелмиял тIахьал цIалана. Шагьаралда цIали лъугIидал, магIарухъе щведал, районалъул имам Дибирдадаев МухIаммадихъеги хьвадана. Хадуб муфтияс хасал тIахьал цIализе рихьизарун, дарсал кьолел рукIана Инхелоса КIудиясул васалаз, гьезухъеги хьвадана.


- Тохтурлъиялъулаб махщел рагIалде бахъинабунищха?
- Бахъинабуна. Гьебги лъугIун росулъе щваралдаса хIалтIана больницаялда, жакъаги хIалтIулев вуго. Нижерго росулъ бугеб ФАПалъул заведующий ккола дун.
- Кинаб къагIидалъ унеб бугеб районалда гьабулеб диналъул хIалтIи?
- Аслияб къагIидалда гьабулеб хIалтIи букIуна муфтияталдаса бихьизабураб программабазда рекъон.
Хасаб кIвар буссинабула гIун бачIунеб гIел эркенаб заманалда мажгит-мадрасалде хьвадизабиялде, лъикIаб-квешаб гьезда бичIчIизабиялде. ХIаракат бахъула гьезда битIун как базе ва Къуръан цIализе лъазабизе.
Щибаб кварталалда рукIуна гьарулел жамгIиял мажлисал. Камуларо лъималазда гьоркьор тIоритIуле конкурсал. Районалда буго мадраса, гьенибго буго Къуръан тажвид-махражалда цIалиялде кIвар кьолеб, гьениб гьабула лъай мухIкан гьабиялъул хIалтIи.
Дун районалъул имамзабазул советалъул председателлъун вукIиналъ, больницаялъул бетIерав тохтурас дида тIадкъан буго тIоцебе гьабизе кколеб хехаб кумек кинаб къагIидалда гьабизе кколебали малъиги.


- Жакъа тIобитIараб конкурсалда бан щиб абилеб?
- Гьаб гьабула кIиго этапалда. ТIоцебе гьабула щибаб росулъ, хадуб, щибаб номинациялда тIоцебесеб лъабго бакI ккурал рачIуна районалде. Номинацияги лъабго батIияб буго, ай васаздаги ясаздаги гьоркьоб. Гьелда тIадеги гьабуна, Къуръан рекIехъе лъазабиялъул мутагIилзабазда гьоркьобги цоги номинация.
Конкурс букIуна батIи-батIиял чагIаз тIаде босун гьабулеб. Исана буго районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевас жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезарун, гьезул цIаралдасан гьабулеб. Шапакъатазе кьезе бихьизабун буго 200 азарго гъурущ. Гьелда тIадеги, жакъа тIобитIулеб ифтIарги буго бетIерас гьабулеб, жеги МухIаммадица абуна бищун лъикIал хIасилал рихьизарурал васазул мугIалим гIумраялдеги витIизе вугин, гьеб лъайдал ясазул мугIалимат йитIизе цоги чиясги тIаде босана.
- Ахиралда щиб хитIаб гьабилеб газета цIалулезде?
- Эбел-инсуда гьарила кIвар буссинабейин лъималазда Аллагьасул калам лъазабиялде. Жакъа бищун ракI унтулеб жо буго, гьалщинал ресал ругониги, Къуръан цIализе лъалеб батунгутIи. Жакъа бугелдаса пайда босичIони, метерисеб къоялъ тIаса ине рес буго.
ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

Дагъистан бечедаб буго рорхатал мугIруздалъун, гъваридал кIкIалаздалъун, цIорорал иццаздалъун гурелги гIакъилал гIадамаздалъунги, сахаватал, пикру цIодорал, халкъалъе пайдаял церехъабаздалъунги. Гьединазул сияхIалда гьоркьоб цIар хъвазе мустахIикъав вуго ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIаммад МуртазагIалиевги.
МуртазагIалиев МухIаммад гьавуна 1962 соналда, КIудиябросулъ. Гьоркьохъеб школа лъугIидал цIалана Москваялда, «Институт Мировой экономики и информатизации» абураб НОУялда. 2020 соналда вищана гьев ГIахьвахъ районалъул бетIерлъун. 2025 соналда кIиабилеб нухалдаги божилъи гьабуна халкъалъ гьесда районалъе нухмалъи гьабизе.
– МухIаммад, районалъул бетIерлъун вищидал сундаса хIалтIи байбихьараб?
- Районалда гьабизе кколебщинаб лъалеб букIиналъ хIалтIуе щибго квалквал ккечIо. ХIалтIи байбихьана халкъалъе бищунго хIажаталдасан. Гьелги ккола лъим, нухал ва цогидалги. Жакъа къоялде нижеда кIвана КIаратIе лъим бачине. Гьеб бачана ТIукитIа росдал магIардасан. ГьабсагIаталда хIалтIи унеб буго Хунзахъ районалдаса лъим бачиналъе. Гьеб щвезе буго ЦIолода, Ингердахъ ва ТIасаинхело росабалъе.
Нухазул бицани, гьабуна Изанобе лъикIаб шагьранух. Гьединго Ингердахъе гьабуна лъикIаб нух. ГьабсагIаталда гьабулеб буго КIудиябросулъе. 4-5 сон букIана дир районалде газ бачиналда тIад хIалтIулев, исана гьеб программаялде гъорлъе бачана, гьелъие биччараб гIарацги буго федералияб бюджеталдасан.
Гьединго, ракIалда буго Изаноса ТIаса Бакълъухъе нух бахъизеги. Гьединго нижее къварилъи букIуна токалъул рахъалъ. Исана киналго кварал хисизе ракIалда буго.
– Районалда руго ункъо батIияб мацI бицунел гIадамал. КIолищ щивазулгун гьоркьоблъи батизе?
- Дица щибаб жамагIаталъулгун дандчIвайги гьабун, цIехана хIажатаб, лъазабуна гIоларел рахъал. Гьединал дандчIваяздаги абуна щивго чи ватIа гьавизе гьечIин абун. Киса ватаниги, кинаб мацI бицунеб батаниги. Гьедин байбихьана хIалтIизе. Кумек гьарун вачIарав цониги чи нахъчIвачIо, гIадамазда гьоркьоб батIалъиги гьабичIо.
– Хадубккун гьаризе ракIалда ругел ишазул бицани…
- КIаратIа букIараб поликлиника бухIана. Гьеб цIидасан базе буго гIагараб заманалда жаниб. РакIалда буго, ТIаса Гъуниб бугебгIадаб спортивияб база базе КIудиябросулъ. Гьелъие бихьизабураб 14 гектар ракьулги буго. Гьелдаго аскIоб букIине буго риидалил лагерьги. Гьединаб база нижеца бана ТIаса Гъунибги, гьелъие гIураб хIалбихьиги буго. Жеги ракIалда буго Ингердахъ школа ва КIаратIа ясли-ах базе.

– МухIаммад, дур бербалагьиялда гъоркь ругел хIалтIухъабаз ришват босиялъул хIужа ккезе рес бугищ?
- Дир вуго хасав кумекчи, ришватчилъиялда хадуб хъаравуллъи кквезе тарав. Гьесде тIамун течIого, дицагоги хъаравуллъи ккола.
Дун хIалтIуде вачIиндал гьанир харбал рукIунаан кибго гIарац къварагIунин, щибаб хIалтIуде восизе ккани чIезабураб къадар бугин абурал. Дица хIалтIухъабазда лъазабуна гьанибе цадахъ босараб жо бугин какикьтIам, дие хIажатаб жоги гьечIин абун. Дунги цогидалги хIалтIуде рачIине кколин 8-ялда, 5-ялда нахъеги ине кколин абун. Ришватчилъи яги цогидал рекъечIел ишал ккани, диде гIайибги гьабугейин, букIине кколеб тамихI гьабизе бугин абун. Гьелда бан чанго чи хIалтIудаса эркен гьавизеги ккана байбихьуда, гIезегIан хабар-кIал гьелда тIасанги ккана.
– Халкъ хIалтIудалъун хьезабиялъул рахъалъ щиб хIал бугеб?
- Дица хIалтIуде восун вуго кIинусгоялдасаги цIикIкIун чи. Дихъа гьеб бажарана цоялдаса цIикIкIараб ставкаялда хIалтIулел рукIарал гIадамазул нагрузка цIиял хIалтIухъабазухъе кьеялдалъун. Гьединго, нижер районалда руго туризмалъул бакIал. Жеги тIаде гIуцIулелги руго.
Гьелде тIадеги, КIудиябросулъ бан рагIалде бахъун буго пагьмуял лъималазул школа. Гьелъул тIоцебесеб тIалаялда букIине буго музейги. Гьелдаго аскIоб балеб буго поликлиникаги. Гьениб букIине буго хIажатабщинаб ва къад хIалтIулеб стационар.
– Наркоманиялдегун терроризмалде данде гьабулеб хIалтIул хIасилал ругищ?
- Районалда буго терроризмалде данде къеркьолеб комиссия, гьелъул председательги дунго вуго. Щибаб данделъиялда гьоркьор лъола кIвар бугел суалал. Гьеб рахъалъ районалда щибгог хIинкъизе ккараб хIалги гьечIо. Наркоманияги районалда гьечIо.
ГIолохъанаб гIел гьединал жалаздаса цIуниялъе гьарула мажлисал, тадбирал. Гьеб хIалтIуе кумекалъе нижеца гIахьал гьарула диниял церехъаби. Гьелъул лъикIал хIасилалги руго.
– Улкаялдаго машгьурав сахаватчи ккола дур вац ГIумар. Гьесда цадахъ лъугьунги гьарулел ратиларищха районалда гIемерал ишал?
- Нижерго инсул росулъа, КIудиябросулъан байбихьилин. ТIоцебе гьениб мажгит базе ният ккана. АхIана проект гьабулев чи, Турциялдаса хIалтIухъаби. ХIатта тIоцебесеб гамачI лъезе ва дугIа гьабизе вачана Маккаялдаса, Аварагасул ﷺ наслуялъул гIалим ГIайдарус. Гьесул баракаталъ базе байбихьаралдаса тIох лъезегIан, цо къоялъги хIалтIи чIечIо.
Цоги, нижерго бетIергьан-лъиялда буго техника. АскIор ругел росабалъе хIалтIизе, гьезул гьариялда рекъон, кьуна. Гьезухъа я цIатари, я мухь босуларо. Нижерго районалда жаниб гIезегIанго бакIазде нухалги рахъана, гIатIидги гьаруна.
ГьабсагIат райцентралда бан буго рукъарулеб фабрика. 100 милионалдасаги цIикIкIун гъурущ харж гьабуна гьелда тIад. Жеги хIалтIизе биччан гьечIо, гьабулеб буго хIадурлъи.
Хасавюрталда, нижер районалъул гIадамаз гIумру гьабун бугеб бакIалда, бана кIудияб спортзал. Гьелдаго аскIоб базе буго бесдал хутIарал лъимал жанирго чIун тренировкаби гьаризе рукIине общежитиеги школаги.
Районалъул щибаб росулъ ругел тренеразе чIезарун руго харжал. Щибаб росдае ГIумарица битIун бачIана спортивияб инвертарь.
Хъутабазда, районалъул росабалъ рана мажгитал, цереккун ран рукIарал къачIана. Вертолеталда рекIун унаго ГIумарида бихьун буго Изано росдал мажгит берцинго гьечIого. Гьенисанго ахIун бачIана гьебги къачIаян абун. Гьале рагIалде бахъана гьенир гьарурал хIалтIаби.
Гьале жакъа вихьана кIаратIисезул имам, гьесда абуна дица, мажгиталда сверухъ облицовка гьабизеги, тIох хисизеги тIаде босулеб бугин абун.
Гьединго щибаб соналъ нижеца гьабула ифтIар тIубараб моцIалъго райцентралда, Москваялда гьабулелъеги кьола гIарац.
Ленинкенталда хабалазе ракьги босун, гьебги берцинго къачIана. ГьабсагIатги буго жеги тIаде ракь босиялъул суал унеб, хьул буго гьебги рагIалде бахъинин абун.
Районалъул имамас гьаб жо хIажат бугин абуни, гьелъие кумекалъеги хIадурав вуго бокьараб мехалда.
ХIасил гьабун абуни, нижехъе вачIарав чиясе кIвараб кумек гьабизе хIаракат бахъула. Кумек абун рачIунелги дагьал рукIунаро, цо-цо гьоркьо-гьоркьор хиянатчагIиги камилищха. Кинаб бугониги кумек гьабилалде мухIканлъи тIалаб гьабизе кколеб буго.
– «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб абилеб магIарулазда?
- Дица киналго ахIула цолъиялде, вацлъиялде. Нилъ цадахъ ругони, гьабулеб иш цебе уна.
Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

ГIараби ГIумаров, ТIухьитIа росдал имам, мугIалим:
- ГIараб, исламияб тарбия кьеялъулаб сапар кин дур байбихьараб?
- Дица гIумру гьабулеб буго Хасавюрт районалда. Дун ккола ТIухьитIа росулъа. Дир цIалул сапар байбихьана 1994 соналда, Комсомольск совхозалдасан. Лъабго соналъ гьенив цӀалидал, витӀана Аксаялде, лъималазда Къуръан малъизе. ЛъагӀалидасан тӀадвуссана росулъе ва дагьабго заманалъ хIалтIана будунлъун.
Цинги, ункъо соналъ хӀалтӀана ХӀифз-централда. Гьанже росулъ хӀалтӀулев вуго, имамлъунги мугӀалимлъунги, лъималазе дарсал кьола.
- Кин гӀуцӀун ругел дарсал кьолеб къагIида?
- Лъимал рачӀуна бакъаникакдаса хадуб. Нижер кӀиго къукъа буго. ТӀоцебесеб къукъа - 1 классалдаса 9 классалде щвезегӀан ругел цӀалдохъаби, кӀиабилеб - 9 классалдаса 11 классалде щвезегӀан ругел. Лъимал гурелги Къуръан цӀализе рачӀуна чIахIиялги.
- Щиб гьарилеб цӀалдохъабазул эбел-инсуе?
- ТIоцебе Аллагьасда гьарула киназего лъикӀабщинаб. Эбел-инсудаги абила лъимал, имамасда цадахъ, 40 къоялъ как базе ритIеян. Гьеб цӀакъ кӀвар бугеб иш буго. Гьедин гьабуни лъимал ругьунлъула жамагIаталде хьвадизе.

АхIмад МухIаммадибиров, КIаратIа мадрасалъул мугIалим:
- АхIмад, бокьилаан дурго хIакъалъулъ бицани…
- Дун ккола КIаратIа росулъа. 1991 соналъ цIализе лъугьана имам ШафигIиясул цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенив анлъго соналъ цIалана. Хадуб цIали халат бахъинабуна пединституталъул къватIисел улкабазул мацIазул кафедраялда, гьениб лъазабуна гIараб мацI. Гьединго цIалана ГIабдулгъафурил МухIаммадида Дибирдадаев МухIаммадида цеве.
- Жакъа росулъ лъай кьеялъул иш кин гIуцIун бугеб?
- КIаратIа росулъ рагьун буго тажвидалъул центр. Жакъа росулъ вуго нусгоялдаса цIикIкIун цIалдохъан - васалги ясалги. Гьезие дарсал кьола анлъго мугIалимас. ЦIалдохъабазул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунебги буго ва нижги цIакъ рохарал руго.
- Къуръан цIалиялъул къецалде цIалдохъаби кин хIадур гьарурал?
- Аслияб къецалда цебе нижеца нижерго мадрасалда тIобитIана жанисеб къец. Нижеца бищунго лъикIал гIахьалчагIи тIаса рищана ва хадубккунги гIахьаллъизе ритIана. АлхIамдулиллагь, гьединал тадбиразул цIакъ кIудияб кIвар буго гьез лъимал цIалиялде ахIулел рукIиналъ.
- Цоги кинал тадбирал нужеца гьарулел цIалдохъабазул цIалуде гъира базабиялъул мурадалда?
- Нижеца хIаракат бахъула нижерго студентазе кIвараб рахъалъ квербакъизе. Нижеца гьезие ахиралда кьола гьитIинабго стипендияги. Гьединго нижеца гIуцIула батIи-батIиял тадбиралги. Масала, февраль моцIалъ тIобитIана имам Шамилил цIаралда чIор речIчIиялъул къец. Гьединал тадбираз кумек гьабула лъималазул мадрасалдехун ва цIалудехун рокьи бижизабизе.
Нижецаги хIаракат бахъула нижерго цIалдохъаби батIи-батIиял къецазде рачине. Гъоркьиса, масала, ниж ун рукIана Дербенталде Къуръан цIалиялъул хIалбихьиялъе тIобитIараб къецалде. Гьелъ лъималазе кьола хIалбихьиги божилъиги.
- Ахиралдаги, щиб гьарилеб?
- Кире нилъ унел ругониги, кинаб ахIвал-хIал нилъер букIаниги, иман-ислам тун киданиги нилъ ине бегьуларо. Нилъеца цIунизе ккола паризаял тIадкъаял - как, кIал, закагIат ва цогидалги.
Аварагасул ﷺ абуна: «Къуръан цIалулев, гьеб мухIкан гьабулев ва гьелда гIамал гьабулев чиясда къиямасеб къоялъ нуралъул таж базе буго, гьелъул нурги бакъул нуралда релълъараб. Гьесул эбел-инсуеги кьезе буго дунялалда бугебщинаб ратIлидаса лъикIаб ретIел». Гьез абила: «Щай ниж гьелъие мустахIикъал ругел?» - абун. Гьезда абила: «Щайгурелъул нужер лъимералъ Къуръан цIалана», - ян.
Гьеб ккола эбел-инсуеги жалго лъималазеги кIудияб рохел. Гьединлъидал, эбел-инсуца лъималазда малъизе ккола дин, хасго Къуръан цIализе.