Аслияб гьумералде

Араб соналъул хIасил

Араб соналъул хIасил

Муфтияталъул мугIрузул районазул вакиллъиялъул хIалтIул хIасилал

15-абилеб январалда Хьаргаби районалъул Хьаргаби росулъ тIобитIана мугIрузул районазда муфтияталъул вакиллъиялъул 2021 соналъул хIалтIул хIасилал гьарураб мажлис.

Гьеб баракатаб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна мугIрузул районазул имамзабазгун жамагIатаз. Мажлис нухда бачана Камил Шейховас. Данделъи байбихьана Къуръан цIалиялдалъун. Гьабураб хIалтIул хIасилал баян гьарун цере рахъана щибаб рахъалъул нухмалъулел. Щибаб кIалъаялда гьоркьор ахIулел рукIана мавлидал ва туркаби. «Инсан» рахIму-цIобалъул фондалъул нухмалъулесул наиб Рамазан-хIажияс бицана мискинзабазул Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул.

Бажарараб кумек ресукъазе гьабиялде ахIана гьес мажлисалде ракIарарал. «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул жавабияв МухIаммаднурица бицана казияталъул подпискаялъул къадар ва сайгъатал кьуна гьеб тIибитIизабиялъе квербакъаразе. Бищунго цIикIкIун подписка гьабурал ЛъаратIа районалъул вакилзабазе хасаб байрахъги кьуна МухIаммаднурица.

Мажлисалъул ахиралда кIалъазе вахъарав мугIрузул районазда муфтияталъул хасав вакил Казим-хIажияс хIасил гьабун гьабураб кIалъаялда вихьизавуна щибаб районалда жигарго хIалтIи гьабурав имам ва щивасе кьуна Баркалаялъул кагъатгун хIадисазул тIехь. Гьединго сайгъат гьабуна районалъул имамзабазда гьоркьов жигарго хIалтIарав имамги. Мажлисалъул ахиралда тIолалго бусурбабазе дугIаги гьабуна. Аллагьас къабул гьабеги киназулго лъикIаб гIамал. Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...