Аслияб гьумералде

РухIияб цолъи – халкъазул гъунки

РухIияб цолъи – халкъазул гъунки

3 сентябралда Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъ тIобитIана «РухIияб цолъи — миллатазул цолъи» абураб республикаялъул гIалимзабазул мажлис. Гьеб тIобитIана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналда данде кколеб заманалда.

 

Мажлисалда гIахьаллъана «Диалог во имя будущего: молодёжь, вера, единство» абураб халкъазда гьоркьосеб форумалде рачIарал къватIисел пачалихъазул гьалбал ва Россиялъул регионаздаса муфтиял, Дагъистаналъул районаздаса гIадамал. ГIадаталда рекъон мажлис байбихьана Шазалияб хатму гьабиялдаса.

Тадбиралда гьаруна Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул ва диниял суалазул министерствоялъул рахъалдасан республикаялда цолъиялъул ва миллатазда гьоркьоб рекъел цIуниялъул суалазда хурхун хитIабал. КIалъаязда кIвар буссинабуна батIи-батIиял миллатазул вакилзабаз, батIи-батIиял мацIазда кIалъалез, гIасрабаз цадахъ рекъон гIумру гьабулеб республикаялъул халкъазул цолъи цIуниялъул хасаб кIвар букIиналде.

ГIалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухIаммадица мухIканго бицана кIиабилев имам ХIамзат-бек вищиялъул хIакъалъулъ: «Дир жакъасеб мажлисалъул темаги хурхараб буго кIиабилев имам ХIамзат вищиялда. Имам ХIамзат вищулелъул кин гьеб лъугьа-бахъин ккарабали ва лъица мажлисалъе бетIерлъи гьабулеб букIарабали мухIканго, кьучIал баяналги рачун бицине. Жакъасеб мажлисалъе гьеб цIакъ кIвар бугеб темалъунги рикIкIуна дица. Имам ГъазимухIаммадги имам Шамилги рехсолеб мехалда ХIамзатил къиса гIемерисеб мехалда бахчун хутIула, гьелъ гьеб мекъи ккезабулебги буго», - ян абуна КъахIиса МухIаммадица.

Шамил имамасул хIакъалъулъ кечI рикIкIана РФялъул ва ДРялъул мустахIикъав артист Михаил Морозовас.

КIалъаязда гьоркьоб Дагъистаналъул имамзабазе сайгъат гьабураб мавлид гьабуна.

Жиндирго кIалъаялда ННТ-телеканалалъул директор МикагIил МикагIиловас тIадчIей гьабуна информациялъулаб гIатIилъи гIолилазул пикрабазул аслияб рагъул майданлъун лъугьун букIиналда: «Данде хIалтIулел чагIаз интернеталдасан Кавказалъул рагъ ва «жигьадалде» ахIи хIалтIизабулеб буго гIумрудул нухда хIалбихьи гьечIел гIолилал такъсиралде ккезаризе. Гьединалго ишал ккана 1990-2000-абилел соназдаги. Аслияб жо ккола гьединаб жо тIокIаб ккечIого букIин», - ян.

Хунзахъ районалъул нухмалъулев НурмухIаммад Задиевас абуна гьадин тIобитIараб мажлисалъ тIадчIей гьабулин улкаялъул букIинеселъе, халкъазул цолъиялъе, хIакъикъат ва ритIухълъи цIуниялъе. Аслияб жо бугин жамагIатазда гьоркьоб ахIвал-хIал хвеялъе гIиллаби тIагIинари ва гIадамал цолъизари.

Мажлисалъул ахиралда Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас Аллагьасе ﷻ шукру гьабуна тIадегIанаб даражаялда районалда гьеб тадбир гIуцIизе щвеялъухъ ва баркала бугин абуна киналниги гIалимзабазегун гьалбадерие.

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...