Аслияб гьумералде

РухIияб централда лъаратIисезул ифтIар

РухIияб централда лъаратIисезул ифтIар

Дагъистаналда лъикIаб гIадатлъун лъугьун буго рамазан моцIалъул цо къоялъ гIаммаб ифтIар гьаби. Масала, 14 апрелалда ЛъаратIа районалъул жамагIаталъ гьединаб ифтIар гьабуна РухIияб централда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имам ШагIбан ШагIбановас, Буйнакск шагьаралъул мэр Исламудин Нургьудаевас, Буйнакск районалъул имам МухIаммад ГIалиевас, ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил Казим-хIажи Темирбулатовас, ЧIикIаб росдал имам ГIабдулагь-хIажи Ацаевас, Дагъистаналда «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас, районалъул жамгIиял хIаракатчагIаз ва цогидазги. Мажлис нухда бачана Гъаякент районалъул имам Ахалов ГIабдуллагьица ва Урсанов Ибрагьимица.

КIалъазе рахъараз бицана ватIан бокьизе, цоцазул адаб гьабизе ва вацлъи цIунизе ккеялъул. АхIана мавлидал, районалъул ясли-ахазул лъималаз рикIкIана назмаби, гIахьаллъаразда гьоркьоб можоро рехун бергьаразе кьуна батIи-батIиял сайгъатал. Авар театралъул хIалтIухъабаз бихьизабуна Шамил имамасул заманалда ккараб гьитIинабго лъугьа-бахъин. Данделъиялъе ахир гьабуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун.

Мажлисалъул ахиралда нижее рес щвана районалъул имам ШагIбан ШагIбановасе чанго суал кьун гьитIинабго гара-чIвари гьабизе. - ШагIбан, кин араб районалъул ифтIар?

- ГIезегIан лъикI анин абизе бегьула. Рикьана сайгъатал ва бищун аслияб сайгъатлъун букIана гIумраялде ине ихтияр кьолеб лъабго путевка. Гьединго сайгъатлъун букIана тонна бензадул, лъабго куй ва баракаталъе абун, лъабго хъахIаб хIелекоги. Россиялъул регионазда хIалтIулел районцоязги баркала кьуна гьеб тадбиралъухъ.

Масала, Дальний Востокалъул муфти Рамазан ГIалиевас, Хабаровскиялъул муфти МухIаммад ГьитIиновас, Томскиялъул муфтиясул заместитель ХIабибуллагь Асадулаевас. Дагъистаналъул цIалул идарабазда лъикI цIалулел мутагIилзабазеги кьуна шапакъатал. Районалъул жамагIатго гIахьаллъун гьединаб тадбир тIобитIиялъул мурадги букIуна гIадамал цолъизари, лъикIал ишал гьаризе гьел гьесизари. Нижер жамагIаталъ кIудияб кIвар кьола РухIияб централъе кумек гьабиялдеги.

- Гьеб киналдаго бан щиб абилеб, кинаб гьара-рахьи гьабилеб?

- ТIоцебесеб иргаялда баркала кьезе бокьун буго ЛъаратIа районалъул тIолабго жамагIаталъе – гьанире рачIаразеги рачIине рес рекъечIезеги. Гьединго баркала буго кидаго нижее кумек гьабулел ва нижеда цадахъ рукIунел райадминистрациялъул нухмалъулезеги.

Аллагьас кIодо гьареги киналго. Баркала буго руччабазеги кумек гьабуралъухъ. Нижер районалъул гIадамазе цIакъ бокьула «Ас-салам» казиятги. Нужееги гьарула гьеб жеги лъикI гьабизе икъбалги хIалтIуе тавпикъги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...