Аслияб гьумералде

Мансурил МухIаммад-афанди ракIалде щвезавуна

Мансурил МухIаммад-афанди ракIалде щвезавуна

Болъихъ районалъул Зило росулъ тIобитIана ихдалил байрам. Исана гьелъул букIана хасаб гIуцIи, ай тIобитIулеб букIана накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул муршид Инхелоса Мансурил МухIаммад-афандиясул цIаралда.

Баракатаб гьеб мажлисалда гIахьаллъи гьабизе рачIун рукIана Дагъистаналдасаго гьалбал. Мажлис берцин гьабуна гIелму гъваридал гIалимзабаз. ВагIзабигун цере рахъана исламиял гIелмабазул доктор, ЧIикIаб росдал имам Ацаев ГIабдулагь-хIажи, муфтиясул кумекчи МухIаммадрасул СагIадуев, мугIрузул мухъалда вугев муфтияталъул вакил Казим Темирбулатов ва цогидалги. РакIалде щвезавуна Мансурил МухIаммад-афанди, гьесул гIумруялъул сухъмахъал. Бицана гьес гьабулеб букIараб кIвар бугеб хIалтIулги. Гьединго жиндирго чорхол къуваталъул гьунарал рихьизаруна ГIумар ХIанапиевасги.

Гьеб мажлисалъул аслиял рахъазул цояб ккола чуял тIами. Гьелда гIахьаллъизе рачIун рукIана гIемерал чотIахъаби. Гьезда гьоркьор рукIана Чачаналдаса рачIаралги. Цересел бакIал ккуразе кьуна гIарцулал сайгъаталги.

Юргъачуязда гъорлъ Инхелоса устарасул цIаралда биччараб чу бачIана тIоцебесеб бакIалде. Зило росдал жамагIаталъ гьабун бугоан кутакалда лъикIаб хIадурлъиги. Гьалбадерие чIезабун букIана квен ва лъикIаб чай.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...