Аслияб гьумералде

ГIадада хвезе тоге лъимал

ГIадада хвезе тоге лъимал

Лъимал руго ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадкъараб аманат, щивасда цIехезеги буго кин гьеб аманат цIунарабилан абун.

 

ГIун бачIунеб гIелалда бараб буго нилъер букIинисеб гIумруги.

Щиб хIалха бугеб жакъа нилъер лъималазул?

ГIемерлъулел руго хъалияби рухIулел ясал. БатIи-батIиял хIаязде машгъуллъун руго гIолилал. 18 сон тIубазегIан чIун ругин рокъоса тIуризеян абулелги руго. ХIатта Аллагьасда божуларин кIалъалелги камуларо.

Лъидаго ракIалде кколаро жиндир васас яги ясалъ квешаб жо гьабилин, мекъаб нухдасан инин абун. Амма кIочене бегьуларо, рокъор гьел батIиял, нилъедаса рикIкIаде ккедал батIиял рукIунеллъи.

ГIемерисезда кколеб буго, чарагьечIого лъималазе лъикIаб магIишат чIезабизе кколин абун. Гьеб лъикIаб ният буго, амма щайха нилъеда кIочонеб аварагасул ﷺ хIадис: «Инсуца лъималазе кьезе бищун лъикIаб жо тарбия буго», - ян (АхIмад, Тирмизи).

Къуръаналда буго (магIна): «Дикьа хIинкъаразе Дица бокьараб бакIалдаса нух бахъула ва ракIалда гьечIелъуса ризкъиги кьола», - ян.

Гьединлъидал, хIаракат бахъе лъималазе рухIияб тарбия кьезе, ризкъиялъул ишин абуни, БетIергьанас Жиндего тIаде босараб бугин.

Цебе заманалда ГIабдулгIазизил ГIумар абурав халиф вукIана, цIакъ Аллагьасукьа хIинкъарав, зугьдалда гIумру тIамулев ва гьедин жиндирго лъималги куцарав. Холелъул гьес нахъе тун буго 18 диргьамги 11 лъимерги. Гьел диргьамазул ункъоялъухъ мусру босун буго ва щуго диргьам хоб бухъаралъухъ кьун буго.

Гьесда хадув вачIарав Гьишамил ГIабдулмаликилги 11 лъимер букIун буго. Гьев хведал, гьезие ирсалъе гIемераб малги щун буго.

Дагьаб заман индал, гIадамазда гьесул васазул цояв гьардолев вихьун вуго, ГIумарил васин абуни, 100 чу садакъаде кьолев вихьун вуго.

Нилъер гIун бачIунеб гIелалъул халгьабуни, гIемерисел ратула диналдаги гIадатаздаги данде кколареб жал гьарулел. Жеги цIубачIеб гьезул гIакълуялда кIоларелъулха лъикIаб-квешаб батIа бахъизе. Гьединлъидалин нилъеца лъималазда хадуб хъаравуллъиги чIезабизе кколеб.

ЗахIматаб унтул эпидемия бугони, щивас хIаракат бахъула гьелдаса цIунизе, профилактика гьабула. Гьелъухъего, кватIун ккелалде умумузде ахIиги буго, воре, лъимал гIадада хвезе тогейин абураб.

ТIаде балагьун лъимер сах-саламатго бугин кканиги, жаниб бахчараб рекIел унти батизе рес буго. Унтараб лъимер сах гьабизе, нилъеца кигIан кIвар бугеб хIалтIиги нахъе бахъула. Киданиги кIочонге, къиямасеб къоялъ Аллагьасда цере чIезе рукIин ва рухIалдасаги хириял лъималаз, нилъеде килищги битIун: «Гьас малъичIо, гьас гьукъичIо, гьас витIизавичIо», - ян абизе букIин.

 

Щибха гьабизе кколеб?

ТIоцебесеб иргаялда, жалго жидедаго течIого, лъималазде жанибе тIезе ккола исламалъ малъулебщинаб. Бицина аварагзабазул, асхIабзабазул хIакъалъулъ. Бицина лъидаса нилъеца мисал босизе кколебали.

Заман хисун буго, цебе гIадин тIадеги ахIдон яги кьабгIун тарбия кьолеб гIадат гьанже гьечIо. Телефон кодоса бахъунги нилъ рорчIиларо. Жидеего бокьаралъе гьез нухал ратула. Гьединлъидал, лъималгун гIемер кIалъазе ккола, гьезие, барахщичIого, кигIан свакан ругониги, заман биччазе ккола. Школалда бугелъул цIехе, гьезул гIумруялдехун нужер кIвар букIин бихьизабе, лъимадуе лъикIав гьудуллъун вукIине хIаракат бахъе. Психологаз абулеб буго, лъимадулгун лъикIаб гьоркьоблъи чIезабиялъе щибаб къойил лъабго минуталъ гьебгун кIалъаницин гIолин абун.

Халгьабе сунда тIад гьез заман хвезабулеб бугебали, щалгун хъвадарулел, сундухъ балагьулел ругелали. Мекъаб жо батани, берцинго бичIчIизабила гьелдаса бугеб зарал. Гьелъул бакIалда чIолеб пайдаяб пишаги балагьила.

Цо эбелалъ ясалда абурабила, гали тIамулаго халгьабейин, дир яс, киб хIетIе лъолеб бугебали абун. Гьелъги жаваб гьабурабила, дуцаго халгьабейин, дица хIетIе чIолин дуца чIаралъубилан абун. Гьелъухъего, тIоцебе нилъго рукIине ккола мисалияллъун.

 

 

Хадижат Хизриева, ДГИялъул студентка

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...