Аслияб гьумералде

Лъимал ва гIодоркъоял

Лъимал ва гIодоркъоял

Эбел-инсуда тIадаб буго лъимал адабалде ругьун гьаризе, гьезие тарбия кьезе.

 

Имам Гъазалияс «ТагIлиму мутагIалималда» хъван буго, лъимералъ 4 сонги, 4 моцIги, 4 къоги бараб мехалъ, гьеб мугIалимасухъе битIизе кколин абун. Эбел-инсуца жидецаго лъимералда адабги рукIа-рахъиналъул къагIидабиги малъулел ратичIони, мугIалимасухъеги битIулеб гьечIони, хьвадизе лъангутIи загьирлъула лъимадул щибаб ишалъулъ, хасго гара-чIвариялъулъ. ГьитIинго куцачIеб лъимадул гIелму къабул гьабиялъе бугеб тIабигIияб гьунарги хIадурлъиги тIагIиналда хIинкъи букIуна. Гьелъул хIасилалда, лъимадулъ жагьиллъиялъ кьалбал риччала, батIи-батIиял мунагьазде ругьунлъула. Гьеб киналъулго пихъ чIамизе эбел-инсуда тIаде ккола, лъималазул мунагьазул жавабчилъиги гьезде тIаде бачIуна. Гьединлъидал, ригьалдаго цIодорлъи гьабизе ккола.

Бищунго лъикIаб иш буго лъимер мажгиталде битIун, мугIалимасул ихтияралде гъоркье кьей.

Аварагас ﷺ абуна: «Щив чи вугониги гIелму тIалаб гьабизе яги цогидазе гIелму бикьизе нияталда мажгиталде ун, гьесие буго камилаб хIежалъулги гIумраялъулги кири», - ян (ТIабарани).

«Нужеца гIелму тIалаб гьабе, гьелъие гIоло Китаялде (цIакъго рикIкIаде) ине кканицин», - ян (Байгьакъи).

«ГIелму тIалаб гьаби щивав бусурбанчиясда ва бусурбанчIужуялда тIадаб буго», - ян (ТIабарани).

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Лъай бугелги гьечIелги цого даражаялда рукIунищ?» - ян («Аз-Зумар», 9 аят).

Гьанже рииидалил заманги тIаде щун бугелъул, рачIа нилъеца битIун как базе, Къуръан цIализе ругьунлъизе, адабал малъизе гьенире лъимал ритIизе.

Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго цин жиндаго лъазе ва хадуб лъималазда малъизе: иманалъул анлъабго рукну, исламалъул щуябго аслу, щиб кколеб ихIсан (тасаввуф), ай ракIбацIцIад гьабиялъул, тIабигIат берцин гьабиялъул гIелму, шагьадаталъул магIна, какил ва кIал кквеялъул шурутIалги арканалги, закагIаталъул ва хIежалъул шартIал, ТIадегIанав Аллагьасе тIадал ва рукIине рес гьечIел сипатал, гьединго аварагзабазул сипатал, Къуръан-хIадисалда рехсарал малаикзабазул хIакъалъулъ, Аварагасул ﷺ насаб ва гIумруялъул къокъаб баян, Къиямасеб къоялъул хIакъалъулъ, мунагьазул хIакъалъулъ, гьездаса цIунун рукIине. Гьеб кинабго малъула нилъер лъималазда риидалил лъабго моцIида жаниб.

Пуланав чияс Аварагасда ﷺ гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул, лъимералда Къуръан цIализе малъарав чиясе кинаб кири бугеб?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Къуръан буго Аллагьасул Калам, гьеб малъарав чиясе бугеб кириялъе гIурхъи гьечIо», - ян.

Гьеб мехалда ЖабрагIил малаикас абун буго: «Я МухIаммад! Кинабго бижарав БетIергьанас дуде салам битIана ва гьадин абуна: «Лъимералда Къуръан малъи анцIазарго нухалъ хIеж гьабиялда, ИсмагIилил наслуялъул анцIазарго лагъ тархъиялда, анцIазарго вакъарав кваназавиялда ва анцIазарго гIицIго хутIарасда ретIел ретIиялда бащалъула. Къуръаналдаса цIалараб щибаб хIарпалъухъ анцIго кири хъвала ва анцIго мунагь чурула. Къуръан, гьеб цIалулесда, хабалъ цадахъ букIуна, хIатта Къиямасеб къо чIезегIан. Къуръан гьесие БетIергьанасда цебе далиллъун чIола ва гьев Алжаналъуве лъугьинегIан, гьесдаса батIалъуларо», - ян.

ХIадисалда буго: «Инсан хведал гьесул гIамалал лъугIула, лъабго жо хутIизегIан: гьоркьоса къотIи гьечIеб садакъа, мунпагIатаб гIелму, жиндие дугIа гьабулеб, ритIухъаб лъимер», - ян (Муслим).

Хварав чи, гъанкъулесда релълъун, хвасарлъизе щибдай кквезе щвелаян вукIунин абула. Нилъ хведал, нилъедаса Къуръан цIалулел, дугIа гьабулеллъун гьареги ТIадегIанав Аллагьас нилъер лъимал.

 

 

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...