Аслияб гьумералде

Телефоназ кьезе тоге

Телефоназ кьезе тоге

Телефоназ кьезе тоге

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.

 

ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун. Сипат-сураталъул рахъалъ гуребги тIабигIат-гIамалги букIана релълъараб.

Жеги мацIцин лъалареб лъимералъ такрар гьабула эбел-инсуца гьабулеб бихьараб. Телефоналде къулун ругони, яги къотIноб семечка чIучIунеб бугони, ялъуни автобусалда рекIун рукIаго чIахIиязе бакIги кьолеб гьечIони, нилъер лъималазги гьебго гьабизе буго кIудиял гIедал. ПалхIасил, лъималаз нилъедаса босула мисал ва гьезул букIинесеб бараб буго эбел-инсуда. Малъун гуро лъималаз жо босулеб, мисал бихьизабун босула.

Херал эбел-инсуде квешаб бербалагьи гьабулездаги лъазе ккола, лъимал кIудиял гIедал, гьезги гьебго бербалагьи нужедехун гьабизе бугеблъи.

Эбел-инсуца абулеб ва гьабулеб иш лъимадуе кидаго битIараблъун букIуна. Лъималазда цебе цоял кидаго какулел ругони, гьев чиги рихуна гьезда кигIан лъикIав вугониги.

Имам Гъазалияс абун буго: «Эбел-инсуе лъимер кьун буго аманатлъун. Гьелъул бацIцIадаб ракIги багьа тIокIаб жавгьар ккола. Кинаб накъищ нилъеца гьелда бикIаниги гьелъ гьеб босула», - ян.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...