Аслияб гьумералде

Рукъалда баракат лъеялъе сабабал

Рукъалда баракат лъеялъе сабабал

Рукъалда баракат лъеялъе сабабал

Цо кинаб бугониги хIалтIи-пиша гьабулев ватарав чиясда нилъеца абула баракат лъегиян. Гьединго цIияб, тIаде щвараб баркулелъулги абула баракат бугеб батагиян. Дидаго ракIалде ккола кинаб бугониги баркиялъул магIнаги гьебго баракат абураб батилин.

ГьедигIан нилъер кIалдиб ругьунаб баракат абураб жо щибха кколеб? Гьелъул магIна кколеб бугоха цIубай, камиллъи, гIемерлъи, даимлъи абураб. Гьаб бугоха нилъер мацIалда гьелъие гьабизе бажарараб мискинабго таржамаги. ХIакъикъаталдаги баракат абураб жо кколеб буго Аллагьасул балъгояб рахIмат-цIоб, лъикI хьвадулел, Жиндие рокьулел лагъзадерие сайгъат гьабулеб. Гьединлъидалин цоцазе нилъеца гьебги гьарулеб. ХIатта кIиго бусурбанчи дандчIвараб мехалъ кьезе бихьизабураб саламалде тIаде жубазе суннатаблъунги гьабун буго «ва баракатугь» абураб рагIицин. «Ассаламу гIалайкум варахIматуллагьи ва баракатугь», - илан абизе хирияблъун бихьизабун буго.

Баракат абураб рагIулги, щибаб жоялде дандеккун, жинда жаниб хасаб магIна бугеб букIуна. Масала, боцIулъ бугони - гьеб гIемерлъи, даимлъи, пайда цIикIкIин. Мина-карталъулъ бугони - гIатIилъи, санагIат цIикIкIин. Инсанасул черхалде дандеккун - сахлъи щулалъи, гIемераб гIибадат, лъикIаб гIамал ва берцинаб хьвада-чIвади гьабизе бажари букIина. Заманалде дандеккун - дагьаб заманалдаги гIемераб жо гьабизе бажари, жеги абула заманалда жанибги заман батиянги. Гьеле доб баракат.

Баракат гьечIолъи кколаха кигIан бугониги жо гIунгутIи, гьелдалъун ракI бохунгутIи, гIорцIунгутIи, ракI хIалхьунгутIи. ГIемеразул букIуна зигара кигIан гIемер щваниги гIарац кодоб хутIуларин, лъимго гIадин кодоса чваххун унеб кинниги тIагIунин абун. Гьебги буго баракат лъунгутIиялъул хIасил. Баракат гьечIолъи цIикIкIунги буго ахираб заманалда. Умумузе хIамида лъун босараб жо кваназе гIолаан. Хурги бекьун бетIербахъи гьабулаан. Гьанжейин абуни, юк баччулел машинабаз чIехьаниги хадуб гъолеб гьечIо кванил нигIмат. Гьелда релълъун буго цогидащинаб жоялдаса баракат бахъиги.

Инсанас гIемерисеб гIумру тIамулеб, жиндир ракIги пикруги хурхараб аслияб рукIун ккола рукъ. Гьелдаса баракат бахъигIан кIудияб талихIкъинги чиясе гьечIо. РачIаха, рукъалда баракат лъеялъе исламалъ кинал сабабал рехсон ругелали баян гьабизин.

ХIадисалда буго, Къуръан жаниб цIалулеб рокъоре рахIматалъул малаикзаби рещтIунин, гьениса шайтIаби лъутулин...

Баракат лъегиян дугIа гьаби

Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «ТIоцебе бижараб пихъги босун гIадамал рачIунаанила хирияв аварагасухъе ﷺ, цинги гьесги ﷺ гьадинаб дугIа гьабулаанила: «Я, БетIергьан Аллагь, нижер пихъалда баракат лъе, нижер Мадинаялда баракат лъе, нижер сахIалда ва муддалда баракат лъе. Я, БетIергьан Аллагь, Ибрагьим авараг вуго Дур лагъги, гьалмагъги, аварагги. Дунги ккола Дур лагъги, аварагги.

Маккаялда вукIаго гьес дугIа гьабуна Маккаялъе. Дицаги гьарулеб буго Мадинаялъе, Маккаялъе гьесго гьарарабщинаб», - ян. Цинги аскIобе ахIулаан бищун гьитIинаб лъимер ва гьелъие кьолаан доб пихъ.

Истигъфар гьабиялда тIадчIей

Истигъфар гьабиялда тIадчIей

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Истигъфар гьабиялда, ай Аллагьасдаса мунагьал чури гьариялда тIадчIарав чиясе кинабниги къварилъиялдаса гIатIилъи кьола БетIергьанас, кинабниги ургъелги бигьа гьабула ва ракIалдаго гьечIеб рахъалдасан ризкъиги кьола», - ян.

Къуръан цIали

ТIадгIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Къуръан буго жиб рещтIараб, жинда жаниб баракат бугеб», - ян. Хирияб хIадисалдаги буго: «Нужерго рукъзал хабалазде сверизаруге. Суратул «Бакъарат» жаниб цIалулеб рокъоса шайтIан лъутула», - ян. Цоги хIадисалда буго, Къуръан жаниб цIалулеб рокъоре рахIматалъул малаикзаби рещтIунин, гьениса шайтIаби лъутулин, гьелъул агьлуялъе санагIат-рахIат цIикIкIунин ва лъикIлъи гIемерлъулин абун.

ХIалалаб квен

Хирияб хIадисалда буго: «Ва, гIадамал, Аллагь вацIцIадав, лъикIав вуго, гьединаб гурони къабулги гьабуларо», - ян. ХIарамаб, хасго риба гьабун щвараб кванда баракатги лъоларо, ахир пакъирлъиялдеги цIала.

Рокъове лъугьунелъул Бисмиллагь бахъи ва Аллагь рехсей

Хирияб хIадисалда буго: «Рокъове лъугьунев чияс Аллагь рехсани, гьединго гьабуни тIагIам кваналалде цебеги, шайтIаналъ жидергоязда абула нилъее сордо базе бакIги квенги щвечIинха гьанже», - ян.

Кванда нахъа хъизамго данделъи

ХIадисалда буго: «Нуж киналго цадахъ кванай, рикь-рикьуге. Баракат буго киналго данделъиялъулъ, цоясе букIараб квен кIигоясе гIела, кIигоясе букIараб лъабго-ункъоясе гIела», - ян.

Садакъа кьей

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Щибаб къойил радал рещтIуна кIиго малаик. ТIубараб къоялъго гьезул цояс гьарула: «Я, БетIергьан Аллагь, жинца кьолесе гьелдасаги лъикIаб кье», - ян. Цогидас гьарула: «Я, БетIергьан Аллагь, жинца кьоларесул Дуца бугебги боцIи хвезабе», - ян. Хирияв авараг ﷺ мигIражалде вахиндал, Алжаналъул нуцIида хъван бихьанила: «Кьураб садакъа анцIгоялда бащалъула …», - ян.

Ризкъи тIалаб гьабун радалго къватIиве вахъин

Хириясул ﷺ хIадисалда буго: «Радалго гьабуралда баракат лъуна», - ян. Цоги риваяталда буго: «Я, БетIергьан Аллагь, дир умматалъ радал гьабуралда баракат лъезабе», - ян дугIа гьабунин абун.

Иман ва Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Росабазул агьлуялъ аварагзаби жиндалъун рачIараб жоялде иманги лъуни, гьеб ритIухъги гьабуни, гьелда нахърилъун гIамалги гьабуни, дица гьезие рагьила зобал-ракьазул баракатал», - ян.

Пикру гьабеха, диналъул вацал, гьанир рехсаразул щиб нилъеца гьабулеб бугебали. Бугищ гьезда гьоркьоб цониги захIматаб жого? Гьелги гьаричIого рукъалда баракат лъечIес жиндаго гурони гIайиб гьабизе бегьиларо.

МухIаммад Салманов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...