Хвезавурав вас
Газеталъул цебесеб номералда бахъун букIана цIикIкIун тIалаб-агъаз гьабун рахIаталда хьихьарал ясал хвезарулел ругеб куцалъул хIакъалъулъ бицараб макъала. Гьеб макъала цIалидал телефоналдасан хъван нижехъе рачIана гIезегIан жавабал. Амма, бихьулеб буго, гьеб макъала руччабазе гIемер рекIее гIечIеблъи.
Цоялъ хъвалеб буго: «Щай нужеца васазул хIакъалъулъ хъвалареб? Щай бицунареб хъизаналда цо вугев васасул, киналго жиндие къваригIараб чIезабизе налъулал ругин абураб пикруялда гIун вачIунесул?»
Цогидалъ хъвалеб буго: «Щай чIужугIадан киса-киего къун чIезе кколей?».
Лъабабилелъ абулеб буго: «Щай росас хъизамалда гьабизе кколеб жоялъул рехсей гьабичIеб?» - абун.
ХIакъикъаталдаги гьезул суалал ритIарал руго. Нижеца бицен гьабун букIана захIмалъабазде хIадурлъичIел, киналго хIажаталги чIезарун, ханасул бикаби гIадин хьихьун гIурал ясазул хIакъалъулъ. Амма гьебго захIматаб масъала буго васазулъги, хасго вас хъизамалда цо бугеб лъимер бугони. Гьединлъидал хIукму ккана гьаб макъала хъвазеги.
Цебе гьедин букIинчIо…
ГIадатияб хъизамалда гIулев васасе рукIунаан гьарулел бигьалъаби. Гьес рокъосеб хIалтIи гьабулароан, яцаз гьабулаан квен, лъим баччулаан, рацIцIалъи чIезабулаан. Гьез цин бихьиназе кьолаан квен. Вацасдехун хъачIлъи биччалароан – гьев вукIана инсудаса хадуб рокъов вугев бетIерлъун.
Амма гьел бигьалъабазул букIана жиндирго багьаги. Анлъго-анкьго сон барав вас инсул бербалагьиялда гъоркь вукIунаан. Гьев инсуда цадахъ унаан гIи-боцIи хьихьизе, хурзабахъе хIалтIизе, махщел лъазабизе. Балугълъиялде вахиндал, 15-16 сон байдал гьесие кьолаан чухъа ва ханжар. Гьебги букIана лъимерлъи лъугIиялъул ва хадубккун бихьинчиясулаб жавабчилъи баччизе кколев чи жив вукIиналъе гIаламат.
Васасе кьолеб тарбия букIана кьварараб. Эбел-инсуца киданиги лъимал рухулароан, инсул балагьараб цо бер гIолаан гIадлу-низамалъе. Васасда лъалаан бихьинчияс къо хIехьезе кколеблъи, хъизамалъул жавабчилъи жинда тIад букIин, бищунго захIматал лахIзатаздаги жив сабру гьабун, бихьараб баччулевлъун вукIине кколеблъи. Гьев вукIине кколаан «къвакIарав, бахIарчияв, сабруяв, яхI-намусалъул ва къадруялъул бетIергьан», загIиплъи бихьизаби букIана гьукъун.
Бигьалъаби рукIана хIакъикъияллъун, гьелдаго цадахъ жавабчилъиги букIана унго-унгояблъун.
Жакъа бигьалъаби гурони хутIун гьечIо
Нилъер заманалда руго гIемерал бигьалъаби. Эмен унев вуго гIарац балагьизе рикIкIаде яги радал вахъун хIалтIизе, цинги васасе тарбия кьеялъул иш кколеб буго эбелалде, кIодоэбелалде, яцазде тIаде. Гьезие гьев вокьула, цIунула, зарал ккезе биччаларо. ХIалихьалъи гьабуниги, гьитIинаб къоялдаса нахъе, гьесда рагIула: «Квер хъваге гьесда, вас вуго гьев», - ян абулеб.
Рокъоб щибго гьабизе вас тIамулев гьечIо, гьес гьабизе бегьулебги малъулеб буго ясазда. Гьев сабаблъун ясаз хIехьезе кколеб буго гIезегIан къварилъи. «Квер хъваге гьесда, вас вуго гьев» абурал рагIабиги рукIунел руго кидаго гьев цIунулеллъун.
Хъизамалда вас цо гурони гьечIеб мехалда
Гьев вуго хъизамалъул хьул, цо вугев ирсилав. Эбелалъ гьесде жанибе тIола ракIги рухIги, букIинабула щиб хIажалъаниги. КIудададаегун кIудияй эбелалъеги берзул канлъи гIадин хирияв вукIуна гьев. Яцалги къун чIезе ккола гьесдаса.
Цо-цо улбуз, вас квешаб нухдасан ине гурин хIинкъун, гIолохъанчи гIуниги гьабула гьесул тIалаб. Гьел лъугьуна гьесул ишазда гьоркьоре, щибаб галиялда хадуб хъаравуллъи ккола, гьев «цIунизе» хIаракат бахъула. Амма гьединаб цIуни гьабиялъ, санаде ваханиги, кIудияв гIечIевлъун лъугьуна вас.
Хадуб щибха кколеб?
Гьединав вас кIудияв гIола, чIужу ячуна. Ва гьеб мехалъ хола кинабго. ГьитIинаб къоялдаса нахъе рахIаталде ругьунлъарав гьев, бертадул къоялъ вукIуна бищун аслиявлъун. Бертадаса хадуб гьесда ккола: квен-тIех гьесие хIадурараб бачIине кколин, ретIел-хьит кидаго хIадурун букIине кколин, рукъалъул хIалтIабиги цогидаз гьаризе кколин абун. КIочон тола чIужу гьесул эбел гуреблъи. Эбелалъ гьев гIумруялъго хIехьезе бегьула, щайгурелъул, гьев гьелъул вас вукIун. ЧIужуялъ гьев хIехьезе гьечIо, щайгурелъул, гьей росасул рокъое гIумру гьабизе ячIун йиго, хъулухъ гьабизе гуро. Гьесда абуни гьеб жо бичIчIуларо. Гьесда ккола «лъадуца жиндехун гIураб къадаралда» бербалагьи гьабулеб гьечIин, гьей «хисун йигин» абун. Гьеб пикру васасда ракIалде кколеб буго, жив цогидазул ургъел гьабизе ругьунлъун гьечIолъиялъ, щайгурелъул, гьесул гьабураб ургъелалъ гьедин кидаго букIине кколеб жойин ракIалдеги ккун. Гьединлъидал буго гьесда хъизамалъул жавабчилъи тIаде босизе бажаруларебги.
Гьелдасаги квешаб жо буго, эбелалъе вас жиндасаго ватIалъизе бокьунгутIи. Социалиял гьиназда дандчIвала гIезегIанго вакъигIатал, росасдаса лъикIлъи ва рокьа-хинлъи бихьичIел руччабаз, жидедасаго гьеб васасдехун бикьи. Цинги гьев гIола эбелалъе сундулъго мутIигIав, тамахав васлъун, лъадигун цадахъ гьесул букIуна жиндирго жавабчилъи гIолареб гIумру. Гьединай эбелалда жиндирго нус йихьула дандияйлъун. Васги, эбелалъе сундулъниги инкар гьабизе кIвечIев, гьелъул рахъ кколевлъун вахъуна. ЧIужу чиярайлъун лъугьуна. Гьелда кIоларо росасдехун кинаб бугониги масъалаялдалъун гIарз гьабизе — гьесда бичIчIиларин ккун. Эбел-инсухъе тIадюссинеги бажаруларо – гьебги инжитлъи букIиниланги рикIкIун. Цинги хутIула цо сабаб - кинабго хIехьей. Ва сабру лъугIани - ратIалъи.
Гьелдалъун лъугIуларо…
Гьаб масъалаялъул буго жеги гIорхъолъа араб формаги – гогьдаризарурал «меседилал лъимал». Бокьа-бокьараб ретIи, ресторанахъ кванай, машинаби, кIвар кьечIого тараб цIали ва гь.ц.. Ва унго-унгоги щай лъималазе ургъел гьаби, кин букIаниги инсуца балагьизе бугелъул гьединазе хIалтIи, магIишат ва гIумруялъул рукIа-рахъин жиндаса бугеб. Гьединал лъималазда гьитIинаб къоялдасаго рихьула жалго киналъулго хважаинзаби гIадин, бокьараб гьабун хьвадула, жидедаса гIодорегIаназдехун хIакъир гьариялъулаб бералдалъун балагьула.
Гьел хвезарурал руго эбелалъул тамахаб бербалагьиялдалъун гурел, захIмат бихьичIого щвараб гIарцуца ва цогидаздаса жалго лъикIаллъун рихьун гьабизе щвараб бетIерлъиялъ. Амма хIасил цого букIуна: гьезда кIоларо лъазе щиб жо кколеб жавабчилъи ва кинал хIасилал гьеб сабаблъун ккезе ругелали.
Узухъда, цо вугев васасул кидаго гуро гьединав чи вахъунев. Амма гIаммаб къагIидаялда ахIвал-хIал квешаб рахъалдехун цебетIолеблъун буго, гьединал мисалазул къадарги хIинкъи бугеблъун ккола.
Щиб гьабизе кколеб?
Эбел-инсуе бокьун батани унго-унгояв бихьинчи гIезавизе, гьез хIаракат бахъизе кколел жалазул чангояздасан буго.
Виччанте вас хIалтIизе. ГьитIинаб къоялдаса нахъе, бищун гIадатиял рокъосел хIалтIабаздаса байбихьун. Рукъалъул хIалтIаби гьари кидаго гуро руччабазул ишлъун кколеб, гьеб буго чиясда гIумруялъул нух бачине лъаялъе аслияб махщел.
Тарбия кьеялда гIахьаллъизе ккола эменги. ЗахIматаб хIалтIуда вукIун свакан вугониги, регIуларого ватаниги. Васасда вихьизе ккола бихьинчи, гIицIго буюрухъал кьолев гурев, жавабчилъи тIаде босулев чи.
«Бегьуларин» абизе хIинкъуге. Лъималаздехун эбел-инсул бугеб рокьи - гьеб щибаб мурад тIубазаби гуро кколеб. Рокьи буго, лъимералда бегьулебги бегьуларебги жоялъул гIурхъаби кир ругелали лъазаби.
Эбелги ругьунлъизе ккола гIурал лъимал риччан тезе. Гьесулги букIуна жиндирго гIумру, жиндирго хъизан. Гьев аскIов цIуни рокьи гуро, зарал буго.
Ахиралдаги, васасе гIезе ккола инсул цо рагIи, бербалагьи. Инсуца кьварун тарбия кьун гIураб лъимер букIуна унго-унголъунги инсуе бокьулеблъун. Амма щиб бокьаниги бокьарабги чIезабун, гогьдарараб лъимерлъиялда гIезавурав васасе рокьи гуро щолеб, гьесие щола гIамал-хасияталъулъ загIиплъи гIураб къоялъ щибго жинцаго хIебтIизе бажарулареб тарбия. Бокьа-бокьараб гьабизе щвеялъ бигьалъи букIуна, амма жавабчилъиялъулав бахIарчи гIезе рес букIунаро. ЗагIипав чиги сундулъго къуравлъун, талихI щоларевлъун вахъуна.
Биччанте нилъер васал гIезе къуваталлъун, тарбия щвараллъун. Биччанте гьезда лъазе хIалтIул къимат, кIудиязул адаб гьаби, жавабчилъиялдаса хIинкъунгутIи. Биччанте гьезул рахъине жидеде мугъчIвай гьабизе бегьулел гIадамал. Амин!