Аслияб гьумералде

Алжан яги жужахI

Алжан яги жужахI

Хабалъ квешав чиясе гIазабги, лъикIав чиясе нигIматги кьей хIакъаб буго. Хоб яги алжаналъул ахаздаса ахлъун яги жужахIалъул гвендаздаса гвендлъун букIуна. ЛъикIав муъминчиясул хоб гвангъизабула ва бералъ босулеб манзилалъ гIатIид гьабула, гьенире алжаналъул махIал риччала, нигIматал рачIуна. Квешав капурчиясул хоб бецIлъизабула, къварид гьабула, гьесул хьалбазул гIучIал цоцалъе инегIан. Гьенибе жужахIалъул бухIиги, квешал махIалги, гIазабалги риччала. Капурзабазе кьолеб хабал гIазаб кидаго букIуна, мунагьал гьарурал бусурбабазе гIазаб къотIула.

Хабалъ гIазабги нигIматги букIиналъе далил Къуръанги хIадисги буго. Къуръан-хIадисалда битIараб гурого жо букIине ресги гьечIо, Аллагьги сундаго хIалкIолев вугелъул, Гьесие бокьухъе нигIматги гIазабги кьезе Гьесул хIалкIолъиги буго. Бихьуларебщинаб жоги гьечIеблъун букIунаро. КIиабизе, нилъер бералги гIундулги дунялалъул жо бихьизеги рагIизеги кьурал руго, хабалъ бугеб абуни ахираталъул жо ккола, дунялалъул жо бихьизе, рагIизе кьурал бералги гIундулги ахираталъул жоялда хурхунаро ва гьезда гьениб бугеб бихьуларо ва рагIуларо.

Лъабабизе, кьижун вугев чиясда макьилъ гIемераб жо бихьула: нигIмат кваналев, борхьица хIанчIулеб, гIодулев, вохулев. Гьев кьижарасде тIаде балагьун вугев чиясда абуни щибго бихьуларо, рагIуларо, яги лъаларо. Гьесда бихьичIониги кьижарасда бихьулеб бугогури нигIматги гIазабги. Гьеб мисалалъ бичIчIизабула бихьичIолъиялъ гьечIолъи тIад гьабуларин абураб гIакълияб къагIида.

Хоб данде къала кIиябго рагIал цоцалъ тункизегIан. Цинги лъикIал гIадамазе гIатIилъула, капурзабазе гIатIилъуларо. Гьебги киназего данде къала - гIисиназеги чIахIиязеги, лъикIазеги квешазеги, ай аварагзабазеги, хвалил унтуда вукIаго 200 нухалъ «Къулгьу» цIаларав чиясеги хутIун. Лагъ хабалъ лъураб мехалъ, кIиго малаикги (Мункар ва Накир) вачIун, гьикъула дуца щиб абулеб гьав чиясул (МухIаммад аварагасул) хIакъалъулъ абун.

Муъминчи вугони, гьес абула гьев Аллагьасул лагъги, Гьесул расулги кколин абун. Цинги гьесда абула, мун балагьейин жужахIалда дуе букIараб бакIалъухъ, Аллагьас гьелъул бакIалда алжаналъуб гьаб бакI хисанин абун. Гьесда кIиябго бакI бихьула. Мунапикъав, капурав чи вугони, гьес абула: «Дида лъаларо, гIадамаз цо жо абулеб букIана», - ян.

Цинги гьесда абула дуда лъачIин ва маххул гьецIокъ кьабула, жиназдаги инсаздаги хутIун цогидазда гьебги рагIула (Бухари, Муслим). Цоги хIадисалда буго, гьесда гьикъулила дур БетIергьан щив, дур дин щиб, нужехъе витIарав чи щив абун. Муъминчияс жаваб кьолила дир БетIергьан Аллагь вугин, дир динги ислам бугин, нижехъе витIарав чиги Аллагьасул ﷻ Расул вугин абун. Капурчияс лъабабго суалалъе лъаларин жаваб кьолила.

Гьеб къоялъ гIадамазде гIемерал захIмалъабиги балагьалги рачIуна, гIамал бихьун гIетIулъ тIерхьуна, бакъ гIагар гьабула, гIамал хъварал кагътал рещтIуна, кIалазда печаталги чIван гьарурал мунагьал рицун лугбал кIалъазарула, гIазабалъул кутакалъ мехтарал гIадин рукIуна. Гьеб къоялъ гIадамазда эбел, эмен, яц, вац, лъимал кIочона, щивасе жинди-жиндир ургъел букIуна. РетIел, бутIрул, хIатIал гIицIго рукIуна. Бихьиналги руччабиги цоцахъ ралагьуларо. Цоязул гьурмал хъахIлъула, цоязул чIегIерлъула.

Гьеб къоялъул захIмалъи аварагзабаздаги вализабаздаги бихьуларо. Гьеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь рукIуна гIадлу битIарав ханги, гIибадаталда гIумру арав гIолохъанчиги, мажгиталда ракI хурхарав муъминчиги, Аллагьасе гIоло цоцазе рокьарал муъминзабиги, гIадамал гьечIеб бакIалдаги Аллагь ракIалдеги щун бадиса магIу чвахарав муъминчиги, берцинай гIаданалъ квешаб ишалде ахIидал Аллагьасукьаги хIинкъун хIарамлъиялдаса жив цIунарав муъминчиги, кваранаб квералъ кьураб садакъа квегIалда лъазе течIев муъминчиги.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...