Аслияб гьумералде

«Ас-салам» казият щай хъвазе кколеб?

«Ас-салам» казият щай хъвазе кколеб?

ХIурматиял диналъул агьлу! Гьале рагIалде щолеб буго 2023 соналде «Ас-салам» казияталъе подписка гьабулеб заман. Рецц Аллагьасе, гьединаб рес нилъее кьурав. Гьединаб нигIматги бихьизе щвечIого инагьдилаго гьаб панаяб дунялги тун ана нилъер умумул. Нилъецаги, кигIан заманалъ бугебали лъаларелъул, щвараб нигIматалдаса пайда босизе ккела.

 

Гьаб казият хъваян абураб заманалда гIемеразул баккула суал, щай гьеб хъвазе кколебин абураб.

Исламияб лъай щвезе, камиллъизе, гьеб кинабго ракIалде щвей цIикIкIине.

КигIан гIемер цIаланиги гIелмуялъе лъугIел гьечIо. Нилъ дандчIвала батIи-батIиял лъугьа-бахъиналгун, хиса-басиялгун. Гьезул щибалда жанир раккула гIемерал суалал. Гьединго букIуна нилъеда лъарабин ккараб жо дагьаб батIайисан бичIчIун. Гьел гурелги гIезегIан рукIуна лъаларел жал. Гьединаб заманалда инсас, хасго бусурбанчияс чара гьечIого лъай камил гьабизе ккола.

Мадрасалда цIалунги киназухъаго, хасго кIудияб гIелалъухъа бажаруларо. Мажгитазда имамзабаз бицараб дагьаб къадаралъги кидаго гуро гIей гьабулеб. Исламиял тIахьалги киназулго цIалун рагIалде рахъунаро. Гьединлъидал моцIида жаниб кIиго нухалъ бачIунеб казият цIалулеб бугони, бусурбанчиясе хIажатаб гIелму гьелда жаниб букIуна. Гьединго щибаб заманалда, бакIалда рекъезабун, хириял гIужазде данде ккезабун гIуцIула казият. «Ас-салам» цIалулев чи гъапулго хутIизе рес гьечIо жиндир динияб гIумруялда жаниб лъугьа-бахъунелдаса.

Гьаб нилъеца бицарабщинаб жо буго жиндир исламияб лъай бугев чиясул хIакъалъулъ. Амма гьеб лъай загIипав чиясе къечарасе лъимгIанги, вакъарасе квенгIанги хIажатаб буго казияталдасан кьолеб исламияб лъай. Балагье, нилъеца гIумру тIамула исламалъул аслабицин тIуран лъачIого. Гьединав чиясул иманалдаги хIинкъи букIуна. Амма щибаб номер казияталъул цIалулев чи гьелдаса хвасарлъула.

 

Мекъал нухаздаса цIунизе.

Ислам буго бацIцIадаб дин. Аллагьасул хIукму билълъун буго гьелда жанибеги кинаб бугониги жагъаллъи жубазабураблъун. Гьединлъидал щивав чиясе чара гьечIо исламалда жанибги битIараб нух балагьичIого. «Ас-салам» казият цIалулев чи гьединал нухаздаса цIунаравлъун вукIуна. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула араб гIасруялъул ахи рва гьаб гIасруялъул байбихьи. Гьел соназ Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб букIараб хIалуцараб заманалда «Ас-салам» казият хъвалел ва гьеб цIалулел жамагIатал ккечIо питнаялде гьокьоре. Казият хъваялде инкар ккурал гьелда гьоркьоре ккечIогоги хутIичIо. Казияталдаса бугеб аслияб мурадги халкъ битIараб нухде тIами буго. Гьебги цIалун, гьелде гIамал гьабурал гIадамал диналда жанир раккулел питнабаздаса гьабсагIатги цIунараллъун рукIуна. Гьелдасаги кIудияб пайда кинаб букIине рес бугеб?

 

Дагъистаналда бугеб исламалъул ахIвал-хIал лъазе

Гьаб заман буго информациялъул мех. Гьанже гIадин хехго гьеб киданиги тIибитIулеб букIун батиларо. КигIан гIемер информациялъул алатал ругониги, «Ас-салам» казияталда гIадин берцинго ва битIараб хабар кибго букIунаро. «ЦIиял харбал» абураб рубрикаялда гъоркь ратула цIалдолезда Дагъистаналда исламалъул рахъалъ ккарал цIиял лъугьа-бахъинал. Гьездасан цIалдолезда лъала нилъер республикаялда исламалъул бугеб даража.

 

ДагIват къабул гьабизе

«Ас-салам» казият хъвазе нилъер рагьтIе вачIунев чиясул мисал буго исламияб гIелму ва дагIват къабул гьабиларищ абун щварав Аллагьасул чапарасул. Гьединаб къагIидаялда нилъер бихьи бугони, гьев чи нахъчIвазе кинго бажариларо. Дагьаб тIадегIанги бицана, гьанибги ракIалде щвезабила, гьединаб дагIват босун вачIунев чи гьечIеб, гьеб кинабго гьукъараб заманги нилъеда бихьана. Гьебго заман тIадбуссиналда хIинкъи гьечIищ дагIват босун вачIарасе берцинаб жаваб гьабичIони. Къиямасеб къоялъ кинаб гIузру бачинебали пикру гьабизе ккеларищ? Нужер рокъове гIелмугун мугIалим витIун вукIанин, нужеца гьев нахъчIванин абуни, кинаб жаваб кьелебалиги хIадуризе ккелаха.

 

Тарих лъазе

Гьаб заман буго хехго тирулеб, унеб жо. Нахъруссинелде сонал ва жеги анцI-анцI соназул тIанчал регун ратула. Цебе араб заман ккола тарих. Гьаб казияталдаги гIемер рукIуна умумузул тарих баян гьарурал макъалаби. Цере нилъер рукIарал имамзабазул, устарзабазул, вализабазул гIумру ва гIелмиябгун хьвада-чIвадиялъул нух баян гьабурал хIужаби. Гьединго загьир гьабула хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул, гьесул асхIабзабазул, табигIиназулгун ункъавго имамасул гIумруялъул баян. Тарихалде раккидал, инсанасе рагьула жинда цереккун лъалел рукIинчIел гъваридал магIнаби.

 

Рукъалъул мугIалим

Мажгитахъ гьабураб вагIза-насихIат рагIула цохIо бихьиназда. Гьеб камилго рокъоб бицунги киназухъаго лъугьунаро. ГIемерисеб мехалъ вагIза щоларел чагIи ккола руччабигун лъимал. Гьединго вагIза рагIула цо нухалда. Гьеб кIоченеги рес букIуна. Амма «Ас-салам» казияталдаса пайда босизе кIола киназдаго. Цин цIалун хадуб цIидасанги кодобе босизе рес букIуна. Узухъда, гьелъул пайда гIемер цIикIкIараб букIуна.

 

Хвезе рес гьечIеб кагъат бугелъул

Гьаб заманалда киназго абула интернеталдаса цIализе рес бугин казиятин абун, гьеб хъвачIониги гIоларищилан. Телефоналги, планшеталги, цогидаб техникаги буго бокьараб заманалда тIагIине рес бугеб жо. Ток къотIун хутIани хIалтIулареб жоялде кигIанасеб божи букIинеб? Казиятин абуни нилъеда кодоб ва цебе бугеб мухIканаб гIелму буго.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов, магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...