Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.

 

Аллагьас ﷻ малъухъе хьвадани ва хIарамаб жоялдаса цIунани, гьеб ккеларищ Аллагьасе ﷻ мутIигIлъи. ГIибадат цохIо как-кIал гуро, гьелъ жанибе гIемераб жо бачуна. Аллагьасул ﷻ лагъ гIадин дунялалда хьвадизе лъугьиндал букIуна хIакъикъияб куцалъ Гьесул хIукмуялда нахъвилълъин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Дун Аллагь ﷻ вуго. Жиндие лагълъи гьабулеб жо щибго гьечIо цохIо Дун гурони. Дица къадар чIезабуна ва киналъулго тадбирги гьабуна. Гьелда разилъарасе Дир разилъи щвела, Дида (Къиямасеб къоялъ) дандчIвазегIан. Гьелда разилъуларев чиясе Дир ццимги буго, Дида дандчIвазегIан», - ян.

Забуралда Аллагьас ﷻ Давуд аварагасда гьикъула дуда лъалищин сиратIалъул кьодасан бищун гIедегIун щив уневали? Аллагьас ﷻ абула: «Дир хIукмаялда разилъарав чи ва кидаго Дун рехсарав», - ян.

Аюб аварагас, кинабго магIишат хведал, жиндирго рокъовеги лъугьун, абула: «Ниж щибниги гьечIого рачIана ва щибго босичIого уна», - ян.

ГIемерисеб мехалъ, балагь-къварилъи ккедал, цо-цояз байбихьула ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гIайиб чIвазе, амма жидерго гIумруги кIочон тун: мунагьалдайищ гьеб тIобитIулеб бугебали яги битIараб нухдайищ? Гьезда кIочон тола жал рижарав ва жидее гIумру кьурав, щибаб къойил квен-тIехги чIезабулев, щибаб лахIзаталъ жидер ургъел гьабулев Аллагь.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер ургъел гьабуна нилъ гьарилалдего. Гьес лъимер гьабуралдаса хадуб, эбелалъул рахь лъугьинабуна цогидаб квен къабул гьабизе жеги цаби гьечIеб лъимералъе бищунго лъикIаб квенлъун.

Гьел жал ричIчIидал, нилъеда ккела балагьал ругин нилъ рорчIизе нилъеда кьабулеб цIалилан. 

Нилъ Гьесие мутIигIаллъун рукIине ккола, сундулъго реццги гьабун. Нилъехъа гъалатIал лъугьуна, нилъ гьедин рижаралги руго, амма нилъее тавбуги кьун буго. Щайгурелъул Аллагьасе ﷻ тавбу гьабулел гIадамал рокьула жидехъа гъалатI ккун хадуб.

РачIа нилъеца тIаса бищизин пикру ва ракIбацIцIадго тавбу гьаби.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...