Кколебги кколаребги...
Гьаб заман буго кинабго цебетIураб ва щиб рахъалдасан бугониги нилъеего пайдаяб тIалаб гьабизе санагIатаб. Гьелдаго цадахъ, кигIанго бокьичIониги, къо бахъанагIан гIемерлъулеб буго батIи-батIиял жал тIиритIизариги. Гьелъие сабаблъун бугезул цоялдасан буго социалиял гьинал. Гьенисан чияс гьабулеб буго хIажат гьечIеб ва жинде тIаде кколареб гIамалги.
Гьединаздасан буго цоцазда нахъасан гъибат, бугьтан, мацI гьаби, къваригIел гьечIеб, жинде кколареб жоялда гъорлъе лъугьин гIадал ишал.
Кин бичIчIилеб пуланаб иш яги гIамал жив гьоркьове лъугьине ккараб бугищ абураб жо? Гьелъие жаваб гьабун имам Гъазалияс хъван буго: «Дуде кколареб жо буго дуца пуланаб жоялдасан гьабураб кIалъай. ВуцIцIун чIун вукIаравани гьанже яги хадуб мун зарал-зияналде ялъуни мунагьалде ккезе вукIинчIев», - абун.
Имам ГIукъайлияс хъван буго Абугьурайратил рагIаби: «Мунагьазул рахъалъан гIадамазул бищун гIемерисел жидеде кколареб жоялъулъ калам гьаби гIемерал руго», - ян.
Цо нухалъ Лукъманул ХIаким вачIуна Давуд аварагасда аскIове. Гьеб мехалъ Давуд вукIун вуго жиндиего къолден букъулев. Гьелде щвезегIан Лукъманида къолден щибали лъалеб букIун гьечIо. Давудица гьабулелда гIажаиблъарав гьесие бокьун буго дуца гьабулеб жо щибилан абун цIехезе, амма цIодорлъи гIун буго цIехечIого тезе. Къолден букъун лъугIидал, тIад гьебги ретIун, Давудица абун буго: «Рагъда ретIине бугеб гьаб къолденалъул лъикIлъи», - ян. Гьеб мехалъ Лукъманица абула: «РуцIцIунчIей – цIодорлъи буго, гьеб цIунулелги дагь гурони гьечIо», - ян.
Инсуца вас кантIизави
Гьаб бакIалда рехсезе рекъараблъун бихьула инсулги васасулги ккараб гьитIинабго кIалъай. Цо къоялъ вас вачIуна инсуда аскIове ва абула: «Эмен, дун тIокIалъ ине гьечIо мажгиталде», - ян. Васас абуралдаса гIажаиблъун инсуца цIехола: «Щай див вас, щиб ккараб жо?» - абун. Васас абула: «Мажгиталде щун, как балеб заманалда дида халлъулел руго телефоназдеги руссун гьенир квалквадулел цоял, къадал бокIнилъ кIусун хабар-кIалалде журарал кIиабилел, лъабабилел абуни - эхере хIатIалги риччан мажгиталда гьаризе рекъоларел гIамалазде руссун», - абун. Гьеб мехалъ инсуца абула: «ЛъикI буго дир вас, амма чIванкъотIараб хIукму гьабилалде цебе дица дуда цо жо гьарила. Дица дуе цо тIадкъай кьела. Вилъа, лъел цIураб стаканги босе, кодоб гьебги ккун кIиго нухалъ мажгиталда сверун вилълъанхъе, амма стаканалда жаниса къатIраниги гIодобе инеги биччаге», - ян. Щиб гIиллаялъе гIоло инсуца гьеб тIадкъалеб бугебали бичIчIизе кIоларо васасда ва кин бугониги гьеб тIубазе вахъуна. Дагьаб заман гьоркьоб ун вас инсухъе вачIуна ва абула: «Эмен дур тIадкъай тIубазабуна», - абун. Гьеб мехалъ инсуца абула: «Я дир вас, лъикIаланго гIенекке, дица дуе чанго суал кьезе буго, дуца гьезие жаваб гьабе дие. Лъел стакан кодобги ккун унеб мехалъ дуда рихьанищ щалго телефоналде руссун, къадал бокIнилъ гIодорчIун хабар бицунел яги эхере хIатIалги риччан мажгиталда гьаризе рекъоларел гIамалазде руссарал?» - абун. Инсул суалазе жаваб гьабун васас абула: «Стаканалда жаниса лъим гIодобе чвахизе гурин абун, кIвар гьелде буссинабун унелъул дида щибго бихьичIо ва рагIичIо», - ян. Гьеб мехалъ инсуца абула: «Гьелехе дир вас! Гьелдаго релълъун буго Аллагьасул ﷻ рокъове инги, гьениве щваралъул дур ракIги, пикрабиги, бералгун гIундулги руссун рукIине ккола мун Вижарасде ﷻ, дуца халгьабизе кколаро цогиялъул. Гьеб хIал чорхолъ цIунулеб бугони, дуе щвела Аллагьасул ﷻ рокъове иналдаса пайда», - ян.
ХIасанул Басриясул руго гьадинал рагIаби: «Лагъасдаса Аллагь ﷻ вуссиналъул гIаламаталдасан буго, БетIергьанас ﷻ гьев жинде кколареб жоялде машгъул гьави», - ян абурал.
Аллагьас ﷻ цIунаги щивав чи мекъаб гIамал берцин бихьиялдаса ва кколарелъул тIалаб гьабиялде руссиналдаса! Амин!