Аслияб гьумералде

Аварагасде ﷺ гIагар гьарулеб гIамал

Аварагасде ﷺ гIагар гьарулеб гIамал

Аварагасде ﷺ гIагар гьарулеб гIамал

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго хирияв Аварагасе ﷺ рецц гьабун ва гьесул берцинаб тIабигIаталъул бицун: «Мун, хирияв ХIабиб, цIакъ берцинаб тIабигIаталъул чи вуго», - ян.

 

Аварагасда ﷺ цIеханила щибжо кколеб тIабигIат берцинлъиян. Аварагас ﷺ жаваб кьун буго: «Гьеб буго дургун гьоркьоблъи къотIизабуравгун гьоркьоблъи кквей, мун махIрум гьавурасе дуца жо кьей, дуда зулму гьабурасда тIаса лъугьин». Абу-Давудица бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Бищун къиямасеб къоялъ цIадирабазе бакIаб, лъикIаб гIамалал ккола Аллагьасдаса хIинкъи ва тIабигIат берцинлъи».

Абу-Дардаица бицараб хIадисалда буго: «ЦIадирабазда бищун бакIаб лъикIаб гIамал буго тIабигIат берцинлъи», - ян.

ТIабараниясдасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеда хIал кIоларо боцIиялдалъун гIадамазе гIатIилъи гьабизе, нужеца гьумер битIиялдалъун ва берцинаб тIабигIаталдалъун гьабе гIатIилъи».

Исламалъул байбихьуда жидерго лагълъиялда ругел бусурбанлъарал гIадамазе, лъималазе ва гIагарлъиялъе кIудияб гIакъуба гьабулеб букIана къурайшияз. Гьезул гIакъуба кигIан кьогIаб букIаниги, санагIат ккарабго, Аварагасухъе ﷺ рачIунаан гьел. Жидеда лъалеб букIаниги гьелдалъун жеги кутакаб гIакъуба щвезе рес букIин. Нилъер хириясулъ ﷺ букIинчIо гьезие кьезе боцIи яги гьезие гьабулеб хассаб кумек. Гьесул гIажаибаб берцинаб тIабигIаталъ ва хьвадиялъ рукIана гьел Аварагасухъе ﷺ цIалел.

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго Аварагасде ﷺ хитIаб гьабун: «Мун вукIаравани хъачIав ракI биццатав, гьел асхIабзаби дуда аскIоса лъутун инаан», - ин (сура «Алу ГIимран» 159 аят).

Аварагас ﷺ абулеб буго: «Диде бищунго гIагарав нужер берцинаб тIабигIат бугев вуго», - ян. Аллагьас ﷻ гьареги нилъ гIамал-тIабигIат берциназдаса! Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...