Аслияб гьумералде

Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Нилъеда лъала гьаб дунялалда щивго чи чIаго хутIуларевлъи ва киналго хвезе рукIин, ай хIисаб-суал кьезе Аллагьасда цере чIезе рукIинги. Гьединлъидал, нилъеца хIалкIун тавбу гьабун, квешлъиялдаса лъикIлъиялде руссине хIаракат бахъизе ккола.

 

Мунагь кколарев чи вукIунаро, амма щиб мунагь гьабун батаниги, бищунго Аллагьасе вокьулев чи ккола, жинца жиндирго мунагьги къабул гьабун, Аллагьасе хIелулев, тавбуялдалъун тIаса лъугьаян гьарулев ва хIалкIун гьелде нахъвуссунарев.

Аллагьас абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, Дица мун вижун вуго ахираталъе вукIине, мун гуккизе чIоге гьаб дунялалда, ай иблисалда ва дурго напсалда нахъвилълъун мунагьал гьарун гIасилъуге, дуца хIалкIун лъикIаб гьабе, гьелъулъ  дуе хвасарлъи букIине буго», - абун.

Свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абун буго: «Мунагьаздаса тавбу гьабун вусарав Аллагьасе ﷻ бищунго вокьула ва тавбу гьабурав релълъуна мунагьго гьечIесда», - абун (Бухари).

Гьединго, хирияс ﷺ абун буго: «Къоийда жаниб дица лъабкъоялда анцIго нухалда тавбу гьабула», - ян.

Нилъеда лъазе ккола Аллагьас абулеб бугеб: «РацIцIадал ва лъикIаб тIабигIат бугел гIадамал рукIине руго Алжаналъур рохалида ва мунагьал ругел, тавбу гьабичIел рукIине руго жужахIалъур», - абун.

РакIал рацIцIад гьарулеб ва нилъер кIал-мацI кидаго тавбу-истигъфаралда бачунеб нух ккола тIарикъат, ай машайихзабаз нилъеда малъулеб вирд. Щайин абуни, нилъер Аварагас ﷺ абун буго: «Щив чи вугониги жинца гIумруялда жаниб цо нухалда гьал рагIаби абурав "АстагъфируЛлагьал гIазима ллази ла илагьа илла гьувал хIаюл къаюм ва атубу илайгьи" гьесул чурула киналниги гIисинал мунагьал, ралъдалъ полопгIан гIемер ратаниги», - ян. 

Гьаб гьечIищ муридасе кIудияб рохел ва мурид гуресе Аллагьас кьураб нух. Гьединлъидал нилъее бищун къваригIараб жо ккола кIал-мацI кидаго истигъфар-тавбуялда ругьун гьаби. Гьедин ругьун гьабуни, хьулги букIуна иманалда рухI босун, Аллагьасда цере рацIцIадго чIелин абураб.

 

Халид Пайзулаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...