Аслияб гьумералде

КантIизе ккараб хIал буго

КантIизе ккараб хIал буго

КантIизе ккараб хIал буго

Нилъеда бихьулеб гьаб заман буго киназго ахирзаманин абуниги, гIемерго гьабулеб гIамал-яшавалъул хал гьабулареб, мухIканго гьукъараб букIин лъалеб бугониги мунагьалде рачунел ишал рилълъанхъизарулел, кIалалъ бицунел, квераз гьабулел. Гьелда тIадеги, киналъулъго умумузул нух кIочон, исламияб дин рехун тун, бусурбабиго гурез гьабулелдаса мисал босун гIумру тIамулеб. Чияраб босун хьвадиялдаса кIудияб талихIкъейги щибха букIинеб?

Рехсей гьабила, ГIали-асхIабас бицаралъул, ахирзаманалъул бусурбабазулъ рукIине ругин аварагас ﷺ абурал гIамалазул хIакъалъулъ. Аварагас ﷺ абулеб буго: «Ахирзаманалда дир умматалдаса цо чагIи рахъина хъалиян бухIиялде, гIаракъи-чагъир гIадал мехтулел жал гьекъеялде, хъумуз хъвай, къали кьаби гIадал цогидалги хIарамал пишабаздеги рекIелгъей гьабулел, гьездехун жидер гъирашавкъги цIакъ букIина, рохелги гьездалъун гьабила, Аллагь ﷻ рехсеялдаса ракIалги гьезул гъапулъила. Жидер буголъиялдасагун лъималаздаса гьел чIухIараллъун рукIина. Дунялалъул нигIматаздаса лазат босун, хвезе рукIинги ахираталъул рукъги гьезда кIочон тела, ракIалдего щвеларо.

ЖамагIат гьабун как бай, рузманалде рачIин гьез тела. Аллагьасул ﷻ каламалдаса гьел хIинкъиларо, гIалимзабазул вагIзанасихIат къабул гьабиларо. ЧIахIиял мунагьал гьариялдаса цIуни ва гьездаса нахъе къай гьезулъ букIинаро, мунагьаздаса тавбуги гьезда кIочена. Дунял багъари, бакъ-моцI кквей гIадал Аллагьасул ﷻ къудрат букIиналде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасаги хIинкъиларо.

Эбел-инсуе рахIатбахъи гьабун, гIагарлъиялъулгун хурхен къотIун тун, мацI бугьтан, гъибат гьабун, мехтел гьекъей, хIарамаб боцIи кванай гIадаб гьабиялдалъунги гьезул ракIал беццлъун, риццалъун цIун рукIина. Мискинал, пакъирал гIадамалги гьез, гIодорегIаналлъун рихьун, санго гьариларо. ГIисиназ чIахIиязул хIурмат гьаби рехун тела, лъималаз эбел-инсул адаб гьабиларо. Иман, ислам, ритIухълъиялъул нух гьез тIалаб гьабиларо, батIулаб нух гIадатлъунги букIина.

Эбел-инсуцаги лъималазда иман-ислам малъун гьел битIараб нухде тIоритIиларо. Жидер боцIи-малалда барахщараллъун рукIина, дагьаб бугониги гьабураб садакъа кIодолъун бихьила. Гьединаб заман бачIараб мехалъ Аллагьасги ﷻ гьезул ракIазулъа иман, боцIудаса баркат бахъила. Зодоса рещтIунел рахIматалги дагьлъила, ракьалдаса баракат ина. Бусурбабазда гьоркьоб Аллагьасе ﷻ гIоло бугеб рокьи тIагIина. Руччабазул гьурмадаса нич-яхI тIагIина, гIадамазда гьоркьор питнабиги ккела, балагьалги гIемерлъила. Халкъазда жанир унтабиги раккила.

Васият гьечIого, мунагьаздаса тавбу кIочон, унтичIого, тохлъукьего кколеб хвел гIемерлъила. РухI бахъиялда аскIоб шагьадат битIизе кIвеларо, иманалдаса ратIалъун рухIги бахъила. Мункар-Накирасул суалалги гьезие цIакъго захIмалъила. Я, гьал бусурбаби, нуж Аллагьасде ﷻ русса! Нуж рукIунге къиямасеб къо кIочон тараллъун. Аллагь ﷻ разияллъун рукIине бокьун батани, кантIе, гъаплаталъул макьидаса рорчIа.

Аллагьасул ﷻ калам къабул гьабун, гIамал гьабун хьвадичIел гIадамал исламияб гуреб нухдасан уна дунялалдаса, хадур гьел пашманлъизе руго гьарун арал мунагьаздаса ва гIадада биччараб заманалдаса. Дунялалъул рокъоб данде гьабураб боцIималги, щибго жидее пайда гьечIеблъун, гьанибго хутIула. Къиямасеб къоялъ гьез абула: “Ниж МухIаммадил ﷺ умматалъул руго”, - абун, ам ма гьезие жаваб гьабула: “Нуж дир умматалъул гуро, нужее дир шафагIатги гьечIо”, - ян.

Гьанже пикру гьабе, диналъул агьлу, хIадисалда рехсарал гIамалазул гIемерисеб нилъелъ гIадатлъун бугеб куц! РачIа нилъ БетIергьанас ﷺ Къуръаналда бицен гьабун бугеб (магIна): «Аллагьасе ﷺ рокьула тавбу гьабулел ва чорокаб жоялдаса рикIкIад чIолел муъминзаби», - ян абуралда нахъги рилълъун, гьабуралдаса ракI бухIун, тавбуги гьабун, гьелде хадурккун руссунгутIизе къасдалда, хIакъикъиял бусурбаби кинниги хьвадизе гIамал гьабилин.

Аллагьас ﷺ кантIизареги ва тавпикъ кьеги щивасе хIакъаб нух ккун хьвадизе!

Амин!

ХIАЖИ ГIАЛИЕВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....