Аслияб гьумералде

Цересел умматазул унти

Цересел умматазул унти

Пуланав бусурманчиясе Аллагьас ﷻ кинаб бугониги нигIмат кьун батани, масала, берцинлъи, бечелъи, хъулухъ, гIелму, гьунар ва гьеб диналъул вацасулъ бихьун хадуб захIмалъани, гьесда тIаса ине гьеб бокьани, яги гьеб гьесда тIаса иналдалъун воххани, гьеб жо ккола чIегIераб ва хIарамаб хIасад. Амма диналъул вацасе щвараб нигIмат гьесиеги хутIун, гьелда релълъараб дуеги щвезе бокьани, гьеб хIалалаб нигIматги батани, гьеб щвезе бокьи хIалалаб буго.

 

Гьеб нигIмат диналда хурхараб ахираталъулаб батани, гьеб дуе бокьиги суннатаб яги тIадаб буго.

ХIасад какун буго Къуръан-хIадисалдаги. Хирияб Къуръаналда рехсон буго хIасад сабаблъун цересел умматазда гьоркьоб ккараб рикьиялъул. Капурзабаз МухIаммад ﷺ аварагасдехун хIасад гьаби сабаблъун гьел капурлъиялда хутIана. Адам аварагасдехун хIасад гьабиялдалъун илбис къосана. Къабилица жиндирго вац Гьабил, хIасад сабаблъун, чIвана ва гь.ц.

ХIадисалда буго: «ХIасадалъ инсанасул лъикIаб гIамал кванала, цIаялъ цIул кваналеб гIадин», - .

ХIасадги иманги лагъасул рекIелъ данделъуларо.

ХIасад гьабун хадуб лъикIлъи тIаса уна.

Бищун умматалъе хIинкъи бугеб жоги цоцаде хIасад гьаби ккола. ХIасад ккола цересел умматазулго букIараб унти. ХIасад рекIелъ гьечIел чагIи алжаналъул гIадамал ккола. ХIасадалъ гьалаглъарав чиясе хвасарлъи букIунаринги буго, иблисалъе букIунаребго гIадин. Гьебги хIасадалъ гьалаг гьабуралъулха.

ХIасадчиясдаса хIакъирав чиги вукIунаро. Гьев дунялалдаги гIазабалъукь вукIуна. Гьесда Аллагьас ﷻ нигIмат кьурал чагIи щибаб къоялъ рихьулелъулха. Гьел рихьанщинахъе гьесие захIмалъула. Ахираталъул гIазабги гьесие цIакъ цIикIкIараб, унтараб ва кьогIаб букIуна. Щай абуни, гьев ккола Аллагьас ﷻ хъвараб жоялда разилъуларев чи. Аллагьасул ﷻ хIикматалдаги хIукму-къадаралдаги данде чIарав чи.

ХIасад бижиялъе гIемерал сабабал руго. Масала, тушманлъи, рокьукълъи, живго тIадегIанавлъун вукIине бокьи. Гьединав чиясе жиндасаго тIадегIанавлъун цогидав вихьизе бокьуларо. Гьединго гьел сабабаздасан ккола чIухIи, цогидал гIадамал гIиссинго рихьи. Гьел сабабаздасан ккола живго жиндаго цIакъавилан ккей, жиндиего цIар, машгьурлъи, бечелъи бокьи.

ХIасад бугесе цогидав бечелъизе, машгьурлъизе бокьуларо. ХIасадалъул унтиялъе дару ккола гьелъул пикру гьаби, гьеб какун рачIарал аяталгун хIадисал цIали, гьелъул жиндиего дунялалда гIакъубаги ахираталда гIазабги букIин бичIчIи.

ХIасад тIаса уна дунялалъул рахIаталъулги ахираталъул нигIматазулги пикру гьабиялдалъун. ХIасад тIаса уна гьелъ тIалаб гьабулеб жоялъул гIаксалда хIалтIани. Масала, хIасадалъ ахIани пуланав чи какизе, гьев веццун, гьесие квешлъи гьабизе ахIани, лъикIлъи гьабун. Цо вацасул нигIмат бихьани, Аллагьасда ﷻ гьарила: «Я БетIергьан Аллагь ﷻ, Дуца гьеб нигIмат гьесие тIадеги цIикIкIинабе», - ян.

Гьедин дугIа гьабуни хIасадги нахъе уна, шайтIанги загIиплъула, Аллагьги ﷻ разилъула, дуеги гьеб нигIмат щвагиян малаикзабаз дугIаги гьабула, гьезул дугIа къабуллъулелъул.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги гьелдаса рацIцIалъизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...