Жинде балагьиго гIибадат

Зам-замалъул лъим рикIкIуна баракат бугеб, рухIиял мурадазегун чорхол сахлъиялъе Аллагьасул амруялдалъун пайда кьолеблъун. ХIадисалда рекъон, гьелъул къимат чIезабула гьекъолев чиясул нияталда бан, гьанжесел гIелмиял цIех-рехаз тасдикъги гьабун буго гьелъул пайда ва черхалъе щибго хIинкъи гьечIолъи.
Ибн Мажагьидасан бицараб хIадисалда буго: «Зам-замалъул лъим буго жиндие гIоло гьекъолеб жоялъе (щиб нияталда гьекъолеб батани, гьелъие сабаблъун)», - ян.
Ибну ГIаббасица зам-замалъул лъим гьекъолаго абулеб букIана: «Я Аллагь ﷻ! Дица дуда гьарула пайдаяб гIелму, гьарзаяб ризкъи, киналниги унтабаздаса сахлъи», - абун.
Аллагьасул Расуласул ﷺ букIана кутакалда гIажаибаб гIамал. Кинаб бугониги ишалдалъун гьесие ﷺ цо чи рази гьавизе бокьараб мехалъ, Аварагас ﷺ гьекъезе зам-замалъул лъим кьолаан.
Вагьб ибну Мунаббагьица абун буго: «Зам-замалъул лъел лъикIлъаби лъаларищ нужеда? Аллагьасдалъун ﷻ гьедула, гьеб рехсон буго Илагьияб ТIехьалда (Тавраталда), гьеб ккола такъва агьлуялъул гьекъолеб жо, гьелдалъун свак яги гIайибги гьечIо. РекIел чIейгун гьеб гьекъарасдаса киналго унтаби тIагIуна ва гьевги сахлъула. Гьелде балагьиги буго гIибадат, гьекъеялдалъун мунагьалги чурула», - абун.
Аварагас ﷺ цадахъ босулаан зам-зам. Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабун унелъулги, Аварагасда ﷺ цадахъ букIана гьеб ва асхIабзабазе гьелдаса гьекъезеги кьолаан. Гьес Маккаялъул агьлуялда абулаан зам-замалъул лъим гIадамазе сайгъат хIисабалдаги кьеян. Гьеб буго Аллагьасул Расуласул ﷺ суннатги.
Аварагас ﷺ лъим гьекъолаан гIемерисеб мехалъ гIодовчIун. ГIабдуллагь ибн ГIамр ал-ГIасидасан бицана: «Дида вихьана Аллагьасул Расул ﷺ цо-цо мехалъ гIодов чIун, цо-цо мехалъ вахъунчIун лъим гьекъолев», - абун (Тирмизи). ХIадисалъул гIалимзабаз баян гьабураб кинниги вахъунчIун гьекъеялдалъун Аварагас ﷺ бихьизабун буго гьединги гьекъезе бегьулеблъи.
«СахIихIул Муслим», «Сунан ан-Насаи», «СахIихI ибну ХIиббан» абурал гIадал тIахьазда хъвалеб буго Аварагас ﷺ зам-замалъул лъим гьекъолаанин вахъунчIун вукIагоян. Ибну ГIаббасица бицунеб буго жинца Аварагасухъе ﷺ босанин зам-замалъул лъим жаниб бугеб цIарагI, гьес гьеб вахъунчIунго гьекъанин.
Бухари Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ, лъим гьекъолеб мехалъ, (гьоркьоб) лъабго нухалъ лъалхъи гьабулаан, цIарагIалдаса къватIисан хIухьелги босун (гьекъезе байбихьараб мехалъ, гьес ﷺ абуна: «БисмиЛлагь», лъугIидал – «АлхIамдулиЛлагь» абун) ва абуна: «Лазат-тIагIам босигун къечIги хьвазабун черхалъе сахлъигун гьекъола», - ян.