Аслияб гьумералде

Лукъманил васият

Лукъманил васият

Цо нухалъ Давуд аварагас Лукъманул ХIакимида гьикъула радал мун кин тIаде вахъаравилан. Гьес жаваб гьабула жив ворчIанин цогидасул кверщалида гъоркь. Гьел рагIаби рагIидал Давуд авараг ургъалилъе ккана ва кIудияб гьаракьги гьабуна.

 

Лукъманул ХIакимица абуна: «Дица раччана ганчIал ва махх, амма налъудаса бакIаб жо бихьичIо. Дица кванана лъикIа-лъикIаб квен, цогидал жалазулги хIал бихьана, амма сахлъиялдаса гьуинаб жо батичIо.

Хисардулев чи (мунапикъ) Аллагьасда ﷻ аскIов цIунаравлъун вукIунаро.

ВуцIцIун чIей кIудияб хIикмат буго, цIакъ дагьав чияс гурони пайда босулареб. 

Жагьилчиясе вагIзаялъухъ гIенеккезе захIмалъула, херав чиясе магIарде вахине захIмалъулебго гIадин.

Я, дир вас, дуца цIуне гьабе дунял цIакъго бокьиялдаса, гьеб буго кIудияб балагь.

Дуда дурго гьудулзаби лъелгун унел рихьани, мунги а гьединго. Гьел хIалтIулел рихьани, мунги хIалтIе гьезда цадахъ.

Я, дир вас, дуца цIуне гьабе гIалимзабазулгун дагIба-къец баялдаса, щайгурелъул, гьезул хIикмат бацIцIадаб зодосан бачIуна. Гьеб бихьуларо жидеца жидерго мурадазда ва къасдазда рекъон хIалтIизабулезда.

Щибго гIилла гьечIого велъуге, къваригIел гьечIеб мехалъ сапаралъги вахъунге, гьединго, бицунге дудего кколареб жоги.

Я, дир вас, мун вукIа кидаго ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ таваккалги тIамун, кинниги дуда ракIалде ккоге мун Гьесул макруялдаса цIунун вугин. Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа ва Гьесде хьул лъунги вукIа».

Я, дир вас, дуда лъаларо хвел кида тIаде щвезе бугебали. Гьеб бачIинегIан хIадурлъи гьабе.

Васас Лукъманида гьикъула, кинин гьеб дида кIвезе бугебилан, ай  цо ракI гурищ дир бугебилан.

Лукъманица жаваб гьабула: «Я, дир вас, бусурбанчиясул кIиго ракI букIуна: цо ракI Аллагьасде ﷻ хьул лъолеб, цогидаб - Гьесдаса хIинкъулеб.

Гьаре ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гIадамазул квешлъиялдаса цIунейин. ЛъикIал чагIигун цIодорго вукIа (гьезие квешлъи гьабиялдаса)».

 

ХIабиб МухIамадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...