Аслияб гьумералде

Паризаялда хадусеб

Паризаялда хадусеб

Паризаялда хадусеб

Гьаб буго кинабго жоялъе эркенлъи щвараб, щивав чи жиндаго берцин бихьухъе хьвадизе лъугьараб, мунагьалде ккеялдаса кутакалда кIвар кьун цIуни гьабизе кколеб заман. Ахирзаманги бугелъул кIвараб хIаракат бахъизе ккола гIибадат гьабизе, хасго сардилъ рахъун Аллагь ﷻ рехсезе.

 

Гьеб буго, дагьаб гьабуниги, чиясул гIамал рихьдае гьабиялдаса цIунараб заман ва гьараралъе Аллагьас ﷻ жаваб цIикIкIун гьабулеб гIуж. Хирияв Аварагасул хIадисалда буго: «Аллагь гурхIаги сардилъ тIаде вахъун жинцаго как барав, хадуб йорчIизе лъадиги гьаюн, гьелдаги как базабурав чиясда», - ян (Абугьурайрат).

Цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца сардилъ тIаде рахъиналда тIадчIей гьабе. Нужеда цере рукIарал салафу-салихIуназ, ай диналъул агьлулъун ругел лъикIал гIадамаз тIадчIей гьабулеб букIараб гьезул гIадат буго гьеб. Сардилъ тIаде рахъин буго нуж ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагар гьарулеблъунги, нужер мунагь-хатIаъ чурулеблъунги, мунагьалде ккеялдаса нахъчIвалеблъунги, нужер черхалдаса унтаби нахъе иналъе сабаблъунги», - абун (Тирмизи).

Цо нухалъ Аварагас ﷻ Абугьурайратида абун буго: «Я Абугьурайра! Дуе бокьилищ дунялалдаги, ахираталдаги, хабалъги мунгун цадахъ Аллагьасул ﷻ рахIмат букIине?» - абун. Бокьилин жаваб гьабидал, Аварагас малъула гьесда: «Къаси тIаде вахъа ва Аллагьасе ﷻ гIоло, Гьесул разилъи тIалаб гьабун какалги рай», - абун.

ГIабдуллагь ибну Саламидаса бицараб хIадисалда абулеб буго: «Ва гьал гIадамал! нужеца цоцада гьоркьоб салам тIибитIизабе, цогиязе кваназе тIагIамги кье, гIагарлъиялъулгун хурхенги ккве, цогидал гIадамал кьижараб къаси заманалъ Аллагьасдеги ﷻ руса, нуж Алжаналде божараллъун лъугьина», - абун (Тирмизи).

Цогидаб хIадисалда буго: «Паризаяб каказда хадуб бищунго хирияб, къаси тIаде вахъун балеб как буго», - абун. (Муслим)

 

Сардилъ гIибадаталъе рахъине бигьалъиялъе цо-цо сабабал

– Квенги лъимги дагь гьаби. Кванирукъ цIун бугеб мехалъ макьу гьуинлъула ва тIаде рахъине захIмалъула. Суфяну Саврияс абун буго: «Нужеца квен дагь гьабиялда тIадчIей гьабе, сардилъ тIаде рахъиналда нужер кверщел батила», - ян.

– Мунагьаздаса рикIкIалъи. Мунагьаз ракI биццат гьабула, Аллагьасул ﷻ рахIматалдаги лагъасдаги гьоркьоб пардавги бижизабула.

ХIасаница абун буго: «Сардилъ тIаде рахъун ТIадегIанав Аллагьасда церечIей, бищунго хирияб, тIадегIанаб жо ккола», - абун.

– Къайлулат гьаби (къаде какалда цебе дагьаб заманалъ кьижи). Гьеб суннатаб буго, къаси тIаде вахъине кумек букIиналдалъун.

Ибну ГIабасидаса бицараб хIадисалда буго: «Къад кьижиялдалъун къаси тIаде вахъине кумек букIуна», - абун.

– Дунявиял пишабазде хьулал дагь гьари ва ахираталъул захIмалъабазулгун жужахIалъул бухIиялъул пикру гьаби.

Сугьайб абун чи вукIун вуго Басраялда пуланал чагIазул лагъ. Гьев вукIуна къаси тIаде вахъун гIибадат гьабулев чи. Къаси кьижунгутIиялъ гьабулеб хъулухъалъе квалквал кколеб бугин хважаиназ абидал, гьес абун буго: «Щибха гьабилеб, жужахI ракIалде щведал макьу тIурулеб буго», - ян.

– ХIасад гьабиялдаса цIуни, бидгIаяб пишаялдаса рикIкIалъи, къваригIел гьечIел харбазде машгъуллъунгутIи, дунявиял ургъелаз пикрабиги цIезарунгутIи.

Гьединал гIамалаз сардилъ гIамал гьаби захIмалъизабула, гьабулелъулъги ракI парахалъизе толаро.

– Черх сваказабунгутIиги.

Аллагьас ﷻ бигьа гьабеги гьабулеб гIамал.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...