Нухда рахъунелъул цIалила
Нухда рахъунелъул цIалила
Исламияб дин буго жинца щибаб рахъалде щвей гьабулеблъун ва камилаблъун. Кьижун вукIараб бакIалдаса вахъиналдаса байбихьун кIиабизе гьенив вегизе вачIинегIан гьоркьоб бакIалда лъугьарал лахIзатазулъ гьаризе диналъ рихьизарун руго хасал дугIаби, насихIатал, зикраби.
ТIаде бачIараб захIмалъиялдаса, балагь-къварилъиялдаса хвасарлъи гьарун дугIаялдалъун Жинде вуссарасе жаваб гьабизе, гьелдаса ворчIизе нух бихьизабизе БетIергьанас ﷻ тIаде босун буго.
Аварагасги ﷺ, кинаб хIалалде кканиги, гIемер такрар гьарулел рукIана дугIабигун тасбихIал ва гьедин гьабейин малъулеб букIана асхIабзабаздаги.
Аварагас ﷺ абунин Анас-асхIабасдасан бицун буго: «Нужеца гьаре нужерго хIажатал БетIергьанасда ﷻ, хIатта хьитида балеб чIоло тIураб мехалдагицин», - абун (Тирмизи). Гьаб хIадисалъулъ нилъее Аварагас ﷺ бихьизабулеб буго сундулъго Аллагьасда ﷻ гьардолеллъун рукIин, Гьесдаса ﷻ кумек тIалаб гьаби. Гьединал хIалазулъ нилъер хIажат тIубаялъе цогидав сабаблъун кканиги, хIакъикъаталдаги гьеб тIубаравлъун ТIадегIанав Аллагь ﷻ вукIуна. Щайин абуни, гьединаб божилъи бугеллъун рукIине бихьизабулеб бугелъул нилъер гIакъидаялъги. Гьесул ﷻ ихтияр гьечIогоги щибго жо лъугьунаро.
ХIажат тIубаялъе бищун лъикIабги, гьаб параялъ жаваб щолеблъун батичIониги, дугIа буго. Гьарулел дугIабиги Аварагас ﷺ рихьизарурал, асхIабзабаздаса, салафу-салихIуназдаса, машаихзабаздаса рачIарал гьарила. Гьаб заманалда кIвар бугеб масъала буго машина бачин ва бачунелъул цIунизе кколел къанунал лъай.
Кинал дугIабиха гьарилел машина бачунелъул?
Машиналъур гIодор чIолаго ва гьеб бачунелъул гьаризе рекъарал руго хирияв Аварагас ﷺ чу, варани гIадал жалазда рекIунелъул цIалулел рукIарал дугIаби.
ГIабдуллагь ибну ГIумаридасан бицун буго, Бичасул Аварагас ﷺ вараниялда рекIунелъул ва сапаралде вахъунелъул лъабго нухалъ Аллагьу Акбарин абулаанин ва хадуб цIалулаанин гьаб дугIа:
سُبْحَانَ الَّذِي سَخَّرَ لَنَا هَذَا وَمَا كُنَّا لَهُ مُقْرِنِينَ وَإِنَّا إِلَى رَبِّنَا لَمُنْقَلِبُونَ. اللَّهُمَّ إِنَّا نَسْأَلُكَ فِي سَفَرِنَا هَذَا الْبِرَّ وَالتَّقْوَى، وَمِنَ الْعَمَلِ مَا تَرْضَى، اللَّهُمَّ هَوِّنْ عَلَيْنَا سَفَرَنَا هَذَا وَاطْوِ عَنَّا بُعْدَهُ. اللَّهُمَّ أَنْتَ الصَّاحِبُ فِي السَّفَرِ، وَالْخَلِيفَةُ فِي الأَهْلِ. اللَّهُمَّ إِنِّي أَعُوذُ بِكَ مِنْ وَعْثَاءِ السَّفَرِ وَكَآبَةِ الْمَنْظَرِ وَسُوءِ الْمُنْقَلَبِ فِي الْمَالِ وَالأَهْلِ وَالوَلَدِ
«СубхIана ллази саххара лана гьаза ва ма кунна лагьу мукъринина, ва инна ила Раббина ламункъалибун! Аллагьумма инна насъалука фи сафарина гьаза ал-бирра ва ттакъва ва минал гIамали ма тарза! Аллагьумма гьаввин гIалайна сафарана гьаза ва атIви гIанна бугIдагьу! Аллагьумма анта ссахIибу фи ссафари вал халифату фил агьли. Аллагьумма инни агIузу бика мин вагIсаи ссафари ва кабатил манзари ва суил мункъалаби фил мали вал агьли вал валади!»
МагIна: «Киналниги гIунгутIабаздаса ВацIадас мутIигI гьабуна нижее гьаб рекIунеб жо, нижги рукIун ругеб хIалалда гьелде хIалкIолареллъун, ахир руссинги нижер БетIергьанасде ﷻ букIине буго. Я нижер Аллагь ﷻ! Гьаб нижер сапаралъулъ нижеца Дуда ﷻ гьарула лъикIлъи ва такъва, Мун ﷻ жиндаса разияб гIамал. Я нижер Аллагь ﷻ! Бигьа гьабе нижее гьаб сапар, гьелъул рикIкIалъиги къокъ гьабе. Я нижер Аллагь ﷻ! Сапаралъулъ гьалмагъги агьлуялъулъ халипаги Мун ﷻ вуго. Я Аллагь ﷻ! Дица Дудалъун ﷻ цIуни гьарула сапаралъулъ захIмалъабаздаса, бихьаралдалъун ракIбечIай, рахIатхвей лъугьиналдаса, боцIи-малалъулъ, лъимал-хъизаназулъ лъугьине рес бугеб квешлъиялдасаги» (Муслим).
ГIабдуллагь ибну Саржис абурав асхIабасдасан бицун буго, Аварагас ﷺ сапаралда вукIаго гIемер такрар гьабулаанин «Аллагьумма анта ссахIибу фи ссафари вал халифату фил агьли.
Аллагьумма инни агIузу бика мин вагIсаи ссафари ва кабатил мункъалиби ва минал хIаври багIда кавни ва мин дагIватил мазлуми ва мин суил манзари фил агьли вал мали!» - абураб дугIайилан (ибну Мажагь, Тирмизи).
اللَّهُمَّ أنْتَ الصَّاحِبُ فِي السَّفَرِ وَالخَلِيفَةُ فِي الأهْلِ، اللَّهُمَّ إني أعُوذُ بِكَ مِنْ وَعْثاءِ السَّفَرِ وكآبَةِ المُنْقَلَبِ، وَمِنَ الحَوْرِ بَعْدَ الكَوْنِ، وَمِنْ دَعْوَةِ المَظْلُومِ، وَمِنْ سُوءِ المَنْظَرِ فِي الأهْلِ وَالمَالِ
МагIна: «Я нижер Аллагь ﷻ! Сапаралъулъ гьалмагъги агьлуялъулъ халипаги Мун ﷻ вуго нижер. Я Аллагь ﷻ! Дица Дудалъун ﷻ цIуни гьарула сапаралъулъ захIмалъабаздаса, тIаде бачIаралъ ракIбечIай, рахIатхвей лъугьинабиялдаса, тIадегIанлъун хадуб гIодовегIанлъиялдаса, жинда зулму гьабурасул дугIаялдаса ва боцIи-малгун лъимал-хъизаназулъ квешлъи бихьиялдаса».
ХIадис-гIелмуялъул гIалимзабаз гьаб дугIа лъикIаблъун бихьизабулеб буго нухда унагоги, лъалхъи гьабун кIиабизе сапар байбихьидалги такрар гьабизе.
ГIали ибну РабигIаца бицун буго: «Цо нухалъ дида бихьана Абу-ТIалибил ГIалихъе рекIинелъун чу бачун бачIунеб. Цинги гьес кьолол хIотIочIаликье хIетIе бегьулаго, Аллагьасул ﷻ цIар бахъун лъабго нухалъ «Бисмиллагь» абуна, хадув тIаде вахун гIодов чIедал, БетIергьанасе ﷻ рецц гьабун «АлхIамдулиллагьги» абуна. Цинги цIалана гьаб дугIаги:
سُبْحَانَ الَّذِي سَخَّرَ لَنَا هَذَا، وَمَا كُنَّا لَهُ مُقْرِنِينَ وَإِنَّا إِلَى رَبِّنَا لَمُنْقَلِبُونَ
«СубхIана ллази саххара лана гьаза ва ма кунна лагьу мукъринина ва инна ила Раббина ламункъалибун» абун. Хадуб лъаб-лъаб нухалъ Аллагьу Акбарги АлхIамдулиллагьги абун, цIалана:
سُبْحَانَكَ إِنِّي قَدْ ظَلَمْتُ نَفْسِي فَاغْفِرْ لِي، فَإِنَّهُ لَا يَغْفِرُ الذُّنُوبَ إِلَّا أَنْت
«СубхIанака, инни къад залмату нафси фагъфирли, ваиннагьу ла ягъфиру ззунуба илла анта».
МагIна: «Киналниги гIунгутIабаздаса вацIцIадав вуго Мун ﷻ! Унгоги дица дирго напсалда зулму гьабуна (мунагьал гьарун, гьезухъ ахираталда тамихI гьабизе букIиналдалъун) дир мунагьал тIаса лъугьун те, хIакълъунго Мун ﷻ гурони гьечIо мунагьал чурулев», - абураб дугIа (Абу-Давуд, ибну ХIиббан).
Сапаралде рахъунелъул лъикIаблъун бихьизабула Аятул Курси цIализе. Гьелъул хIакъалъулъ Аварагасги ﷺ абун буго: «Рокъоса къватIиве вахъунелъул Аятул Курси цIаларав чи, нахъвуссинегIан квешабщиналдаса цIунаравлъун вукIина», - ян.
Рекъараблъун бихьизабун буго лъабго нухалъ сурату «Ал-Къадр» цIализеги. Гьединго чIахIиял чагIаз бихьизабун буго къватIире рахъунелъул имам Нававиясул ХIизбу цIализе, цIализе лъаларес магнитофоналдасан биччан, гIенеккизе.
Аллагьас ﷻ жидер дугIа къабул гьабулезда гьоркьор рехсон ругелъул нухлулал, сапаралда ругеб мехалда гьарила БетIергьанасда ﷻ цогидал хIажалъабиги.
Аварагас ﷺ асхIабзабазда малъулеб букIун буго, хIайваналда рекIун унаго гьеб хъущтIани яги ракIалда гьечIого рахIат хвезабулеб вакъигIат ккедал Аллагьасул ﷻ цIар бахъун сабру гьабулеллъун рукIине, хIайваналде хьандонгутIизе, цадахъ ругездаги данде ккараздаги берцинаб гIамал-тIабигIат бихьизабизе.
Гьединлъидал, нилъ бусурбаби, хирияв Аварагасда ﷺ нахърилълъунел муъминзабилъун ругелъул, рекъараб буго машина бачунелъул нухлул къанунал цIунизе, данде вачIунесдаса бихьараб гIиси-бикъинаб рахIатбахъи халлъичIого тезе, цадахъ ругезда берцинаб мисал бихьизабизе, хIажат ккарасе хIалае рахъунеллъун рукIине.
Аллагьас ﷻ щивасе нухал ритIеги, балагьаздаса цIунаги, нухда къо лъугIарав дандеккун, балагьазде ккеяздаса цIунаги!