Аслияб гьумералде

Иблисалъе вокьулев

Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.

 

Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал руго инсанасулъ рукIунел, шаргIалъ цIакъ какарал тIабигIатазул цоял. Гьал тIабигIатаз инсан вачуна дуниял бакьиялде, дуниял бокьиги кинабго квешлъиялъул бетIер буго. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб, жинда салат-салам лъеяв Аварагасул ﷺ хIадис буго Жабиридасан бицараб: «Нуж хIинкъа зулму гьабиялдаса, ай нужеца зулму гьабуге, зулму къисмисеб къоялъ бецIлъи буго, нуж цIуне бахиллъиялдаса, хIакълъунго, гьелъ цере арал умматал хвезаруна, гьелъ гьел рачана биял гIодоре тIеялде ва хIарам гьарурал жал хIалал гьариялде». (Муслим).

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас жидее гIелмуги боцIи-малги кьурал чагIазда ракIалде ккезего ккоге жал гьелда бахиллъи лъикIаб жойин, гьеб гьедин гьечIо, гьеб гьезие квеш буго, ахир къиямисеб къоялъ гьел жидеда бихиллъун рукIараб жо гьезул горбода базе буго» (сура «алу-ГIимран» аят 180).

Бахиллъи ккола Аллагьас ﷻ тIад гьарурал (хъизан-агьлуялъе напакъа кьей, закагIат-сахI бахъи) гIадал жалаздаса инсан нахъе чIвалеб унти. Гьеб унти чорхолъа, рекIелъа нахъе инабичIого чара гьечIо бусурманчиясе. Бахиллъи муъминчиясулъ букIунеб пиша гуро, гьелъул хIакъалъулъ бачIараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «КIиго пиша буго муъминчиясулъ букIунареб: бахиллъиги тIабигIат квешлъиги». (Тирмизи).

Инсан бахиллъизе рес букIуна чанги батIи-батIияб жоялда: боцIиялда, черхалда, гIелмуялда, жиндирго къадру-къиматалда, салам кьезе, Аварагасде ﷺ салават битIизе. Гьезул щибаб какун рачIарал хIадисал гIемерал руго

 

Бахиллъиялъул тайпаби

Инсан вукIине рес буго жиндиего сахаватав, амма цогидасе бахилавлъун. Гьединго вукIине рес буго жиндиегоги цогидазеги бахилавлъунги. КIиабилеб тайпа буго бищунго какарабги. Гьединго бищунго какараб ккола тIадаб жоялда бахиллъи, ай закагIат-сахI бахъигIадаб, хъизан-агьлуялъе напакъа кьейгIадаб, гьоболлъи гьабигIадаб. Гьеб сабаблъун, Аллагьасда ﷻ аскIове щведал гIазаб-гIакъуба чара гьечIого кутакаб букIуна.

Цо къоялъ МугIавиятил эбел Гьинд ячIун йиго Аварагасухъе ﷺ ва цIехон буго: «Дир рос Абу Суфян вуго цIакъ бахилав чи. Дие бегьулищ, гьесдаги лъачIого, диегоги дир лъималазеги гIолеб къадар гьесул боцIудаса босизе?» - абун. Аварагас ﷺ абун буго гIолеб къадар босейин, цIикIкIине гьабугейин.

Закария аварагасул вас ЯхIяда (Аллагьасул саламал лъеял) дандчIван буго иблис, жиндирго хIакъикъияб сипат-сураталда.

ЯхIя аварагас гьелда абун буго: «Я, иблис! Дуца бице дуе бищун рокьулел чагIиги, дур ццин бахъунел чагIиги щал кколелали», - ян. Иблисалъ абун: «Дие бищун вокьулев чи вуго бахилав муъминчи. Бищунго рихарав чиги вуго пасикъав, ай чIахIиял мунагьал гьарулев сахаватав чи», - абун. ЯхIя аварагас цIехон буго щайин гьедин бугебилан. Иблисалъ абун буго: «Щайгурелъул, дие гьесул бахиллъи гIола гьев вокьизе гIиллалъун, дун хIинкъула сахаватав пасикъ Аллагьас ﷻ къабул гьавилин абун, гьесул сахаватлъиялъе гIоло, кигIан мунагьал гьарулев чи гьев вугониги», - ян.

Бахиллъи сабаблъун инсанасе щолел заралиял жал:

  1. Мунапикълъи. Аварагасул ﷺ заманалда рукIарал мунапикъазда релълъун, жидеца Аллагьасе ﷻ къотIи гьабурал жидее боцIи-мал кьуни закагIат-сахI бахъилин абун, Аллагьас ﷻ гьезие боцIи-мал кьун хадубги жал бахиллъарал, ай закагIат-сахI бахъичIел. Гьеб сабаблъун Аллагьасул ﷻ ццинги бахъарал.
  2. Ажру-кириялдаса махIрумлъи. Бахилав чияс живго махIрум гьавула, сахаватав чиясе сахаватлъи сабаблъун Аллагьасдаса щолеб ажру-кириялдаса.
  3. ЛъикIлъи гьабизе тавпикъ кьунгутIи. Бахилав чиясе Аллагьас ﷻ лъикIлъиялъе квербакъуларо дагьго гурого.
  4. Къиямасеб къоялъ гIазаб кьей. Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ бахилав чиясул горбода бала жив дунялалда бахиллъун вукIанщинаб жо.
  5. Алжаналда Аллагьасулгун ﷻ гьалмагълъи щунгутIи. Бахилав чи махIрумлъула Аллагьасулгун ﷻ гьалмагълъи гьабиялдаса.

Жакъа нилъеда бихьула, цо-цо чагIи гIарцуда бахиллъун, чIаго ругеб мехалъ садакъа гьабизе кIоларого рукIунеллъи. Гьез щай цIехолареб гьаб бечелъиялдалъун садакъа чIаго ругеб мехалъ гьабизейищ лъикIаб бугеб ялъуни хун хадубищилан абун. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Цо чи вачIун вуго Аварагасухъе ﷺ ва цIехон буго: «Я, Бичасул Авараг, кинаб садакъаялъухъ бищун цIикIкIараб кири букIунеб?» - абун. Аварагас ﷺ абун буго: «Бищун хирияб ккола дуца садакъа гьаби, мун сах-саламатго, бахиллъун, мискинлъилин абун хIинкъун ва бечелъизе хьулалда вугеб мехалъ. Дуца садакъа гьаби нахъбахъуге щокъробе рухI щвезегIан, гьеб мехалъ абизе, пуланав чиясе гьаб, пуланав чиясе гьаб абун, гьезие гьеб гьадинги ирсалъе щвезе бугеб жо букIиналъе гIоло», - ян. (Муслим, Бухари).

Хириял диналъул вацал ва яцал, чIаго ругеб мехалъго хIаракат гьабе садакъа-хайрат гьабизе. Аллагьас ﷻ кантIизареги.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...