Аслияб гьумералде

Балагьазул хур бекьулаго...

Балагьазул хур бекьулаго...

Балагьазул хур бекьулаго...

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  МухIаммадие ﷺ кьураб бищунго кIудияб хIалбихьи буго дунял бокьи. Аллагьас ﷻ  цогидал умматазулги иманалъул хIал бихьана батIи-батIияб куцалъ, амма нилъер умматалъе дунял бокьиялда хурхинабуна. Нилъер хирияв Авараг ﷺ, умматалъе бугеб хIалбихьиялдаса хIинкъун, гIодулев вукIана. Щайин абуни, дунял тIаса бищун хадуб, рес гьечIелъул ахират тIаса бищизе ва бокьизе.

 

Дунял бокьи релълъинабизе бегьула кIудияб хуралда. Гьеб хуриб бекьулеб жо релълъинабизе бегьула балагьал рекьиялда. Дунял бокьиялъул хуриве лъугьарав чияс бекьанщинаб жоялъ, ай балагьалъ къалелъулха ахираталъул лъикIлъабазде нух.

Нилъер заманги буго тIолабго халкъ, хIалал-хIарамалъухъ балагьичIого, дунял бокьиялъул хуриреги лъугьун, балагьал рекьулеб. «Дунял гьаби какун гьечIо, бокьи гурони», - ян абула гIалимзабаз. Нилъин абуни дунялалъухъ ккараб рокьиялъ паналъун руго дунял бокьиялъул хурир хIалтIулел. Нилъ рижарав Аллагьасе ﷻ  лагълъи гьаби абураб каламго гьечIо рагIулеб.

Бищунго захIмалъизе ккараб жо буго, дунялалъул рукъ гIуцIулаго, ракIалдаго гьечIого хвелги тIаде щун, ахир руссунеб бакI чIобоголъизе тун, паналъизе бугеб дунялалде руссун гIумру тIамулеб букIин. Гьединго, заманаялъ дунялалда хутIизе ругел лъималазда дин малъулеб гьечIолъи, дунялалъул хур бекьулелъул нилъехъго букIараб газа-раханги кодобе кьун, гьел толел рукIин. Хур бекьи гурони тIокIаб жо лъалареб лъимералъ кин нилъ рази гьаризе ругел?

Пикру гьабидал, цIакъ пашманаб буго нилъер гIумрудул къиса. ГIумруги хIалбихьизе кьураб, къокъаб жо бугелъул, хадубго цун ахиратги бугелъул, сундасаха рохилел?

Гьал къоязда киназулго ракI кьерхараб лъугьа-бахъин ккана социалиял гьиназда тIибитIараб видеоролик бихьидал. Гьебги бахъун буго МахIачхъалаялда. КIигоялъ, гIодойги тIамун, торгIо бухулеб гIадин юххулей йиго цо яс. Киса щвараб нилъер лъималазухъе гьеб вахIшилъи?! Нилъер гIун рачIунел ясал гьединал рукIиналъе гIилла щиб? Аслияб гIилла буго нилъеца цебехун рехсей гьабураб дунялалъул хур. ЛъикIаб-квешаб батIабахъичIого берцин бихьанщинаб босун церехун унел лъимал додинаб ишалде ругьунлъичIого хутIи щакаб жо буго. Эбел-эмен бусурбанал рукIаниги щиб, исламияб тарбия кьолеб гьечIони. Рагъ-кьал ясазда берцин бихьиялъе гIилла буго гьаб заманалда исламалъул тушбабаз, бихьиназего гIадин руччабазеги, спортивиял къеркьеял бащад гьарун рукIин, нилъер бусурбабазги ясалги гьезде хьвадизарулел рукIин. Нилъер диналда гьукъараб буго кьабгIей, ясал гьеб спорталъул тайпаялде ритIи хIикмалъизе ккараб жо буго. Аби буго ясазул намус хъахIаб шал бугин, жинда тIанкI лъуни гьеб рикIкIадасанго бихьулин абун. Бекилалдего бухье бетIерин абухъе, жиндир заманалда гьединаб рагъа-ракари лъималазда жаниб тIирщулеб букIин бихьичIел эбел-инсулги гIайиб гьитIинаб гьечIо. Амма эмен беццав, вац гIинкъавилан абулелъул, гьаб заманалъул хехлъиялъ кинабго халлъизе, бихьизе захIматго буго.

Бищунго кIудияб балагьалъул гъамас буго телефон. Гьеб гьечIого инсанги тIувалев гьечIо, кодобе щун хадуб шайтIаналъул хIалтIи бигьа гьабизе телефонги буго. Хасго гIакълу тамахал лъимал телефоналъ хисизарулел руго. Гьелде данде къеркьечIони, нилъер лъимал щвараб гIуруца росун ине рукIин хIакъаб буго. Школазда хIалтIи гьабулеб буго, амма рокъосан эбел-инсуца кодобе къоно гIадаб телефонги кьун школалде битIараб лъимер, гьеб телефоналдаса машгъул гьаби, хIалтIиялде тIаде хIалтIи мугIалимзабазеги буго.

Квешаб-лъикIаб малъун, исламияб тарбияталда гIураб лъимер, телефоналъги гьелда релълъарал жалазги бигьаго къосинаруларо. Гьединаб бичIчIикьейги рокъосанго букIуна. Рокъоб лъураб кьучIалда тIад мина бала школалъ, щибаб лъимадуе. КьучI щулияб гьечIони, кин рарал ратаниги къадал риххичIого хутIуларо. Гьединлъидал цо-цо лъималазул рекъечIеб иш ккедал, хехго школа рехсей, мугIалим цIехей, директор валагьизе лъугьин битIараб гьечIо. Балагьизе ккола гьев лъимер вуссунеб рукъ, хъизан, гьезул рукIа-рахъин, гIадлу-низам, цинги цIехела школа.

ГIужда квегъичIеб барти квегъуд буссунарин абула магIарулаз. ГIодосанго лъимал квегъичIони, гIураб къоялъ гьез эбел-эмен квегъула. БетIергьанчиясул бер тIад гьечIеб хIама бацIица чIвалин абухъе, дунялалъул хур лъилъулаго гъапуллъарал эбел-инсуеги рекъела гьеб хурул бачIин балагьалде сверилалде, жидерго лъималазда тIад бер сверизабизе. ХIалтIи балагьун чIола, гьеб рохьобе лъутуларо, бацI гурелъул, амма бацIил гIамал босун гIедал васалги ясалги рахъ-рахъалде ин хIакъаб буго, тарбияталъул иш заманалда лъадаричIого бичча-бихъан хутIани.

Бищунго кIудияб хвасарлъи буго исламияб дин, нилъер хирияв Аварагасул ﷺ нух, Къуръаналъул ахIи, гIалимзабазул вагIза-насихIат. Кинабго данде къан -дин, дин ва хадубги дин! Гьеб буго нилъее хвасарлъи. Дин цIунарав цIунун хутIизеги вуго щаклъи гьечIого. Дин рехун тарав ва дунялалъул хур бекьиялде вуссарав, гьеб хуривго хутIила, хурги хIарщуде буссун, ва ахираталъул лъикIлъабазде гьелъ нухги къан.

Аралъул бицунге, бугелъул бицейин абула. Нилъее лъикIаб жо буго ккара-таралъул, рагIаралъул хIисабги гьабун, нилъерго рукъалъул, хъизамалъул хIал-хIукму цIехезе. Метер ккезе бугелъул пикру гьабизе. Гьелдаго рекъон, жакъа гьабулеб хIалтIул хIасилги борцине, гьабизе бугелда тIадги ургъизе. Нилъерго хъизан-лъимал исламалъул сангар къан жанир рачине, гьезул тарбияталъул къадар щиб роценалда бугебали цIехезе. Ва гьеб киналъего регIел ккеялъе сабаблъун букIине, балагьалъул хурги рехун тун, Аллагьас тIад гьабуралъул хурире лъугьине ва гьенир лъилъаризе.

Аллагьас ﷻ  тавпикъ кьеги. Амин.

 

ПатIимат ХIасанова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...